Рабочие листы
к вашим урокам
Скачать
1 слайд
Г1абдулмажид Хачалов
2 слайд
Г1умру ва творчество
3 слайд
Г1абдулмажид Хачалов гьавуна Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ 1925 с. мискинав векьарухъанасул хъизаналъе
4 слайд
Росулъ ц1алана. 1943 соналъ, 18 сон барав чи, жиндиего бокьун фронталде ана. Рагъдаса т1ад вуссун хадув х1алт1ана цин учительлъун, хадув партиялъул Гъуниб райкомалъул аппараталда. Г1емерал соназ х1алт1ана республикаялъул «Баг1араб байрахъ» газеталъул редакциялда.
5 слайд
Хадурккунисел соназда бат1и-бат1иял заманалда рахъана Г1абдулмажид Хачаловасул «Рихьуларел лъалк1ал» абураб милициялъул х1алт1ухъабазул х1акъалъулъ къиса «Ц1удул бусен» абураб ц1а г1адаб революционер Мах1ач Дахадаевасул лъимерлъиялъул ва г1олилаб заманалъул х1акъалъулъ поэма, «Муг1рул нухазда», «Хваразул ц1аралдасан» абурал ва цогидалги куч1дузул т1ахьал.
6 слайд
Аваразул музыкалияб драмтеатралъ жиндирго сценаялда лъуна Г1абдулмажид Хачаловас хъвараб к1иго пьеса: Дагъистаналъул ахихъабазул г1умруялъул ва зах1маталъул х1акъалъулъ бицунеб «Рик1к1адасан кагъат» абураб ва Ват1аналъул рагъда т1аг1арал васазул хвел гьеч1еб гьунаралъул х1акъалъул – «Аманат» абураб.
7 слайд
Хачаловасул творчество, кинаб жанралда хъварал асарал росаниги т1ей гьеч1ого бухьараб буго жакъасеб къоялъул х1акъикъаталда, Ват1аналъул рагъул соназда советияб г1адамазул гьунаралда. Гьес хъвана сатираялъул асаралги.
8 слайд
Г1абдулмажид Хачаловас х1алт1улевги вук1ун ц1алун лъуг1изабуна Мосваялъул М. Горькиясул ц1аралда бугеб Литературияб институт. Гьев вук1ана СССРалъул хъвадарухъабазул Союзалъул член. Г1абдулмажид Хачаловасе кьун буго РСФСРалъул культуралъул мустах1икъав х1алт1ухъан абураб ц1ар. Гьев хвана 1994 соналъ.
9 слайд
«Хваразул ц1аралдасан»
Росдал тарих лъазе бокьилищ нужей?
Рилълъа годек1анир ганч1азда ч1езе.
Доба харабаца, хъучбулъги т1упун,
Т1амила бицанк1о, бицина хабар.
Энциклопедия гьдингосеб жо –
Гьезул дуруслъигун данде ккунани;
Дуда тарихалъул том ц1аларабгъан ,
Ц1одораб, г1акъилаб раг1ила калам.
10 слайд
Г1елазул пасих1лъи, г1елазул гьунар
Гьениб щибаб ганч1илъ бессун батила.
Росулъ т1оцебесеб рукъ лъица бараб,
Вакъуца щив хварав, ццулъун щив хварав.
11 слайд
Т1аде щвана цинги балагьаб рии,
Гьимиги релъиги к1оченабураб;
Россазул буртаби лъудбуз рет1араб,
Лъималаз улбузул бак1ал хисараб.
Бертаби г1олилаз, заман ц1ач1ого,
Болжал ц1ехеч1ого, нахъе т1амуна.
Ц1алулел т1ахьазда студентаца
Точка лъуна босун щвараб бак1алда.
12 слайд
13 слайд
Суалал:
1. Кида ва кив гьавурав Г1.Хачалов?
2. Кив гьев х1алт1улев вук1арав?
3. Кинал асарал гьес хъварал?
4. «Хваразул ц!аралдасан» абун ц1ар щай гьес поэмаялда лъураб?
5. Гьеб поэмаялъулъ сундул х1акъалъулъ бицунеб бугеб?
6. Рагъ кинаб рахъалдасан бихьизабун бугеб авторас?
14 слайд
Х1адур гьабуна 9 классалъул ц1алдохъан Мух1амадова Пат1иматица.
Рабочие листы
к вашим урокам
Скачать
6 663 436 материалов в базе
Настоящий материал опубликован пользователем Дибирова Патимат Магомедовна. Инфоурок является информационным посредником и предоставляет пользователям возможность размещать на сайте методические материалы. Всю ответственность за опубликованные материалы, содержащиеся в них сведения, а также за соблюдение авторских прав несут пользователи, загрузившие материал на сайт
Если Вы считаете, что материал нарушает авторские права либо по каким-то другим причинам должен быть удален с сайта, Вы можете оставить жалобу на материал.
Удалить материалВаша скидка на курсы
40%Курс профессиональной переподготовки
300/600 ч.
Курс профессиональной переподготовки
600 ч.
Курс повышения квалификации
72/180 ч.
Мини-курс
3 ч.
Мини-курс
8 ч.
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.