МКОУ «Тисси-Ахитлинская СОШ».
Доклад на тему:
«Использование игры на уроках родного языка и литературы».
Составила: учительница родного языка и литературы
МКОУ «Тисси-Ахитлинская СОШ»
Абдулаева Мадинат Магомедовна.
АнцIила
ичIго сон бана исана ТIисси-Ахикь гьоркьохъеб школалда авар
мацIалъул ва адабияталъул мугIалимлъи гьабулаго дица. Жакъа гIадин ракIалда руго дир тIоцересел дарсал. Бигьаго букIинчIо магIарул мацIалъул дарсал кьезе- букIине кколеб даражаялда. Заман анагIан хIалбихьи щвана, лъай цIикIкIана. Гьелъие дие кумек щвана дир
пишацояздаса, цадахъ хIалтIулел мугIалимзабаздаса.
Методикияб рахъалъ махщалилаб пагьму-гьунар цIубаялъе кIудияб кумек щвана школалъул завучлъун
хIалтIулев вукIарав МухIамадов Адам Абдурахмановичасдасан,
школалъул директор, мунагьал чураяв МухIамадов ГIалихIажи
ГъазимухIамадовичасдасан. Гьел кIиязгоги, хадув тарав цIияв директор Мухтар ГIалихIажиевичасги кIвар буссинабулаан цIалудехун цIалдохъабазул гъира цIикIкIинабиялъе гIоло дарсал кьеялъул къагIидабазда тIад ургъизе ккеялъул.
Цогидал мугIалимзабазул дарсида щвараб мехалъ, хасго гьеб букIунаан ГIалихажи ГъазимухIамадовичасул география дарсида ва
Мухтар ГIалихIажиевасул алгебра, геометрия дарсазда,
дида бихьулеб букIана дарс хIай хIисабалда, батIи-батIиял викторина, соревнование хIисабалда бачани, лъималазул
дарсидехун бугеб гъира, цIалудехун борхулеб бугеб интерес. КигIан цIеханиги, дида батичIо авар мацIалъул ва адабияталъул дарсал хIай хIисабалда гьарурал методикиял
малъа-хъваял яги тIехь.
Гьелъ дица пикру гьабуна гьединал дарсал дицаго ургъизе,
ялъуни дарсазда хIаялъул элементал хIалтIизаризе. ТIоцебе гьединаб дарс тIобитIана 6 абилеб классалда «РагIаби лъугьин» абураб темаялда тIасан. Дарсил хIасилалъ бичIчIизабуна цIалдохъабазе гьединал дарсазул цIикIкIараб хайир букIин. Гьелдаса хадуб рокъоб дарсил
план хъвалаго, дица хIисабалде
босула кинаб бугониги дарсил бутIа хIай
хIисабалда тIобитIизе бегьулеб бугищали. ГIемер тIобитIула «Бищун цIодорав» абураб хIай, викторинаби( гIемерисеб мехалъ гьеб букIуна такрар гьабиялъул материал), гIуцIула кроссвордал, цо рагIудасан гIемерал рагIаби ургъи, академияби, батIи-батIиял конкурсал.
Ахирисеб заманаялъ цо-цо дарсал сапар-хIай(путешествие) хIисабалда кьезе байбихьана дун. ЦIалдохъабазе интерес букIуна нухда рахъине, дунялалда
тира-сверизе, гьеб нухда дандчIвалел захIмалъабазда, масъалабазда тIад ургъизе.
Гьединаб къагIидаялда гIуцIун
букIана 2010 абилеб соналъ тIобитIараб лъагIалил «Лучший учитель родного
языка-2010» конкурсалда дица 5 абилеб классалда кьураб «Фонетикаялъул
дунялалде сапар»абураб дарс. Фонетика буго гIемерисел цIалдохъабазда бичIчIизе захIматаб мацIалъул раздел.
Фонетика бихьизабун букIана улка хIисабалда ва гьеб разделалда дандчIвалел темаби шагьарал хIисабалда. Гамида тIадги рекIун, цIалдохъабаз сапар бухьана цо
шагьаралдаса цоги шагьаралде. Шагьаралда жанире рорчIизе ккани, гьез тIуразе кколаан грамматикиял батIи-батIиял тIадкъаял.
Гьеб дарсалъ конкурсалда ккуна мустахIикъаб кIиабилеб бакI. Жюриялъ кьураб къиматалдасаги дие
бокьана гьеб классалъул цIалдохъабаз дарсида гьабураб гIахьаллъи.
Цодагьаб батIияб букIуна хIаялъул
къагIидаби авар адабияталъул
дарсазда хIалтIизаби. ГIемерисел гьел рукIуна ролалккун пасихIго цIалдохъаби бицине тIами, тестирование, конкурс «Лъида
лъалеб?», викторина «ХIикматазул
хур»(Поле чудес) ва цогидабги. Ролалккун цIалиялъ цIалдохъаби ургъизе тIамула образалда тIад, гьеб образалдалъун кIалъазе кколев вукIун.
«Лъида лъалеб?» абураб конкурс тIобитIула моцIрол, яги четверталъул ахиралда, гьеб
ккола араб материал такрар гьабиялъул къагIида, цIаларал
асаразул анализ гьаби. Гьединго гьеб конкурс хIалтIизабизе бегьула пуланав авторасул
творчествоялда тIасан материал такрар гьабизе.
МацIалъул
ва адабияталъул дарсал гIуциялъул
къагIидаби батIи-батIиял рукIине бегьула. Кинабго бараб буго
учителасда, гьесул хIаракатчилъиялда,
пагьму-гьунаралда. Щибаб къойил учитель дандчIвала хIалтIул батIи-батIиял ахIвал-хIалазда, шартIазда, щибаб къоялъ гьес жиндирго хIалтIулъ кинаб бугониги цIияб жо ургъула. КигIан рагIа-ракьанде щвараб камилаб
методикаялъги хIалтIулъ учителасда дандчIвалел киналго захIмалъабазе ва суалазе чIванкъотIараб , рагIа- ракьанде щвараб, киналго шартIаздазда цого къагIидаялда пайда босизе бегьулеб жаваб
кьезе рес гьечIо. Гьединлъидал жакъа щивав
учителасда тIадаб буго, гьоркьоса къотIичIого жиндирго лъай борхизабиялдаго
цадахъ, дарс кьеялъул цогиги лъикIал къагIидаби ралагьиялда тIад хIалтIизеги.
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.