Дарсил тема: «Къ» гьаракь ва
хIарпалъулгун лъай – хъвай гьаби.
Дарсил мурад: «КЪ» гьаракь – хIарпаллъулгун
лъай – хъвай гьаби, рагIабазда гъорлъа гьеб батIа гьабизе лъай ва гьебгун
рагIаби ургъизе лъай.
Дарсил алатал: къотIарал хIарпазул касса, ламадуралъул,
лалуялъул суратал.
Дарсил план
I Класс дарсиде хIадур гьаби.
II Рокъобе кьураб дарс гьикъи.
III ЦIияб дарс баян гьаби:
а) суратазда тIад хIалтIи;
б) рагIабазда гъорлъа «КЪ» батIа гьабизе лъай;
в) «Л» гьаракьгун рагIаби ургъизе лъай.
IV ЦIияб дарс щула гьаби
V Дарсил хIасил гьаби
VI Рокъобе хIалтIи
Дарсил ин
ЦIалдохъаби дарсиде хIадур гьари.
Учитель: РорчIами, лъимал! ГIодорчIа!
Лъималаз жаваб кьола: вуго, гьечIо.
Учитель: Гьанже, лъимал, киналго берцинго
гIодорги чIун, рокъобе кьураб хIалтIиялъул хал гьабула.
Лъимал, лъида лъалеб гьаб щибали?
(учителас шишаялъул сурат бихьизабула), (лъималаз кверал рорхула).
Учитель: ЦIале дуца, ПатIи.
ЦIалдохъан: Гьеб буго шириш
Учитель: ГIодойчIа!
Шиша абураб рагIи слогазде бикье дуца, Асма.
ЦIалдохъан: ши-ша
Учитель: Такрар гьабе дуца, ГIумар.
ЦIалдохъан: ши-ша
Гьеб къагIидаялда кIиго-лъабгоязда такрар гьабизабила.
Учитель: Лъимал, цоги лъида кIвелеб «Ш»
хIарп гъорлъ бугеб рагIи ургъизе?
ЦIалдохъан: (шагьар, школа, шириш)
Учитель: Гьел рагIаби слогазде рикье дуца,
Муъминат.
ЦIалдохъан: Ша-гьар, шко-ла, ши-риш.
Гьеб куцаялда 3-4да такрар гьабизабула.
Учитель: Гьанже, лъимал, цIализе буго
нужеца рокъоб лъазабураб дарс. Щиб нужеца рокъоб лъазабураб?
ЦIалдохъан: Нижеца рокъоб лъазабуна
«Тракторист» абураб текст.
Учитель: ЦIале дуца, Башир.
ЦIалдохъан: «Тракторист»
Учитель: ЛъикI буго, Башир, гIодовчIа.
Лъимал, Муса щив кколев?
ЦIалдохъан: Муса ккола тракторист (Тракторист абураб
рагIул магIна гьезда цебего баян гьабула.
Учитель: Мусса исана кин хIалтIарав,
векьарарав?
ЦIалдокъан: Муса исана гIемер векьарана. (Гьеб
формаялда 2-3 ял рахъинарила.
Учитель: Гьаина, лъимал, тIехь гьечIого,
суалазе жаваб кьезе хIадурлъе, тIахьалги къан. Мусса щив кколев?
Абе дуца, Аминат.
ЦIалдохъан: Мусса кола тракторист.
Гьеб формаялда лъималаздаса ритIарал жавабал ва материал гъваридго
такрар гьабила.
Учитель: Лъимал, нуж кин хIалтIизе ругел?
ЦIалдохъан: Ниж гIемер ва лъикI хIалтIизе руго.
(Учителас статьялъул тарбия кьеялъул мурад баян гьабула, цIалуда
лъикIго хурхинабун).
ЦIияб дарсил баян.
Учитель: Жакъа, лъимал, нилъеца лъазабизе
буго цIияб хIарп, рагIи. Киналго гьанире балагьея, гьаб сураталъухъ (Сурат
бихьизабила ламадуралъул).
Щиб гьаб? Абея дуца, Даци.
ЦIалдохъан: Гьеб буго ламадур.
Учитель: Нуж гIинтIамун чIа.
Дица кьураб суалазде жаваб кьезе хIадур чIа «Гьаб ламадур буго
школалъул огородалдаса дица нужеда бихьизабизе босараб жо (Учителасухъ букIина
цо хIакъикъияб ламадур. Нилъер
школалъул
огородалда рижула батIи-батIиял овощал. Ламадур гIадамасул чорхое пайда бугеб
овощлъун ккола.
Учитель: Ламадур киб бижун букIараб?
ЦIалдохъан: Гьеб ламадур школалъул огородалда бижун
букIана.
Учитель: ГIадамасул чорхое гьелъул пайда
бугищ?
ЦIалдохъан: Ламадуралъул гIадамасул
чорхое пайда буго. (Гьеб формаялда хутIараб бутIаги суалазде биххила ритIарал
жавабал тIалаб гьарила).
Учитель: Нахъеги бихьизабизин, щиб гьаб?
ЦIалдохъан: Гьеб ккола ламадур.
Учитель: Чан рагIи дуца абураб?
ЦIалдохъан: Лъабго рагIи абуна.
Учитель: ТIоцебесеб рагIи щиб?
ЦIалдохъан: Гьеб
Учитель: КIиабилеб рагIи щиб?
ЦIалдохъан: Ккола.
Учитель: Лъабабилеб рагIи щиб?
ЦIалдохъан: Ламадур.
Учитель: Кинацаго цадахъ абе «ламадур»
ЦIалдохъаби: Ламадур!
Учитель: Бикье гьеб рагIи слогазде дуца,
Даци.
ЦIалдохъан: Ла-ма-дур
Учитель: Бикье гьеб рагIи киназго цадахъ
(хоралдалъун) слогазде.
ЦIалдохъан: Ла-ма-дур
Учитель: Кинаб цIияб гьаракь бугеб гьеб
рагIулъ?
ЦIалдохъан: Гьеб рагIулъ цIияб гьаракь буго «Л»
Учитель: Гьале, лъимал «Л» хIарп
(къотIарал) хIарпаздаса гьоркьоса «Л» хIарп бихьизабула).
Такрар гьабея дуца, Муслим (хадуб хоралдалъун такрар гьабизабила).
Учитель: Гьеб хIарп буго «Л»
Учитель: Балагьея, лъимал, щиб гьаб?
(лемагалъул сурат бихьизабула).
ЦIалдохъан: Гьеб буго лемаг.
Учитель: ЦIияб гьаракь бугищ гьеб рагIулъ?
ЦIалдохъан: Лемаг абураб рагIулъ цо
цIияб гьаракь буго «Л».
Учитель: Гьанже, лъимал, нилъеца гIуцIила
«Ламадур» абураб рагIи ва гьеб цIалила.
ЦIалдохъан: ЦIализабила (цоясда ва хоралда).
Учитель: Биххе гьеб рагIи слогазде,
хIарпазде ва цIияб хIарпги бихьизабила. Мун яхъа бихьизабе, Асма.
ЦIалдохъан: Гьале цIияб хIарп «Л»
Учитель: Гьанже, лъимал, нужеца нужер
къотIарал хIарпазулъ бате «Л» хIарп ва киназго дида бихьизабе.
ЦIалдохъан: Гьале «Л» хIарп (лъималаз бихьизабула).
Учитель: Гьанже нужеца къотIарал хIарпазулъ
рате цогидал хIарпал ва гIуцIе ламадур абураб рагIи, лалу, лемаг ва гь.ц.
(цIалдохъабаз гIуцIила учителас хал гьабула).
Азбукаялдасан цIали
Учитель: Гьанже лъимал, тIахьадасан цIализе
буго. Рагье тIахьал, гьумер 16. Цояс цIализе буго, цогидаз тIахьазде тIадеги
ралагьун, цIале.
Учитель: ЦIале дуца, Тамара.
ЦIалдохъан: Школа.
Учитель: (Учителас школаялъул мина
бихьизабула). Лъимал гьаб щиб?
ЦIалдохъан: Гьеб буго школа. Хоралда абула.
Учитель: Лъимал, гьанже нужеца гьеб рагIи
слогазде бикье.
ЦIалдохъан: Шко-ла.
Учитель: Гьаркьазде бикье. Ш-к-о-л-а.
(Гьедин цогидазги цIалила).
Учитель: Гьанже цIализе буго предложение.
Учитель: ЦIале, ясай!
ЦIалдохъан: Школалъ лъималазе лъай кьола.
Учитель: Школалъ щиб кьолеб?
ЦIалдохъан: Школалъ лъай кьола?
Учитель: Школалъ лъие лъай кьолеб?
ЦIалдохъан: Школалъ лъималазе лъай кьола.
ЦIияб дарс щула гьаби
Учителас баян гьабула: школалде цIализе рачIаралщиназе
школалъ лъай кьолеблъи, лъай хвел гьечIеб хазина букIин лъай).
Учитель: ЦIияб хIарп бугищ гьеб рагIулъ?
ЦIалдохъан: Гьеб рагIулъ цIияб хIарп
буго «Л»
(Гьединан цIалила хутIарал предложениял)
Ахиралда цоясда тIубанго цIализабула ва бицинабула.
Дарсида лъикIаб гIахьаллъи гьабуразе къиматал лъела ва гьезие баян
кьела.
Дарсил хIасил гьаби.
Учитель: Жакъа нилъеда дарсида кинаб
гьаракь-хIарп лъараб?
ЦIалдохъан: Жакъа нижеда дарсида лъана
«Л» хIарп ва гьебгун рагIабиги цIализе лъана.
Рокъобе хIалтIи.
Учитель: 16 гьумералдасан цIализе.
Суратазде балагьун хабар гIуцIизе ва бицине хIадур гьабизе.
Учитель: Абея щиб нижеца метералде
лъазабизе кколеб?
ЦIалдохъан: ЦIалдохъабаз такрар гьабула.
Учитель: Дарс лъугIана, инее бегьула.
Учителас лъималазулгун къомех лъикI гьабула.
Автор: Х1ажиева Раисат.
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.