МКОУ
«Чиркейский многопрофильный лицей им. А.Омарова»
Литературный
конкурс авторских произведений
«Вдохновение»
Стихотворение
«Детство»
Выполнила: ученица
11х класса Мухтарова Загидат.
«ЛЪИМЕРЛЪИ»
Дир
лъимерлъиялъул г1анч1аб замана
Кибе
мун г1едег1ун бекерун араб?
Аваданлъи,
рохел цадахъги бачун
Щай
хехго щинк1улеб щобида нахъе?!
Бокьун
буго дие бакъул ч1ороца
Кидаго
гвангъизе лъимазул гьурмал
Ц1вабзазги
моц1алъги биччай даимго
Гъвангъизабизе
нух гьал г1олилазе
Гьанже
лъимерлъиялъ къо лъик1 гьабила
Макьил
рах1атхвейги цоги бук1ина
Г1умрудул
пикраби г1емер гьарулеб
Бук1иниселдаса
х1инкъун йиго дун
Дир
гьалмагълъиялъул гьайбатаб сурат
Кидаго
рек1еда ц1унизе буго,
Гьадин
аваданго гьадин берцинго,
Анищазул
ц1ураб т1адагьаб рак1гун.
Щивасул
батила жиндирго къисмат ,
Цоязул
талих1аб, цоязул кьог1аб.
Г1умруялъ
жиндирго лъела нижей дарс
Жавабал
ратизе ц1акъго зах1матаб
Дие
бокьун буго гьаракь гьабизе:
«Ч1а!
Г1едег1ун унге! Лъалхъе цодагьалъ
Бук1а
дунгун даим рохел, т1адагьлъи!
Дир
лъимерлъи, тоге, тоге дун рехун!!!»
МКОУ «Чиркейский
многопрофильный лицей имени А. Омарова» ученица 11 «х» класса Мухтарова Загидат
МКОУ «Чиркейский
многопрофильный лицей им. А.Омарова»
Литературный
конкурс авторских произведений
«Вдохновение»
Стихотворение
«Посвящается отцу»
Выполнила: ученица
11х класса Ахмедова Джамиля.
«Инсуде»
Эмен
камун гьале хасел сверана
Хиси
гьеч1еб буго дур сурат дие
Эбел
к1одо гьаюн ах1ула куч1дул
Гьелъул
раг1дукь даим инсул к1одолъи
Т1анч1азул
ургъаликь, хъергъу г1адинан,
Кидаго
мун х1алт1улъ, кидаго къват1ив.
Къват1иб
биччалареб, жаниб бахчараб,
Ургъелал,къварилъи,
къох1ехьей, сабру
Х1еренлъи
бахчараб кьварараб калам
Кидаго
цебе ч1ун бук1уна гьанже
Рагьич1огун
тарал гьел дур анищал,
Абич1огун
тарал хинал раг1аби
Дида
бихьана дур хъач1аб балагьи
Лъимадул
рух1елалъ бух1ун лъураб куц
Циндаго
хъах1лъараб гьеб дур магжилъан
Ракьалде
гирараб, бух1араб маг1у
Ц1акъго
ццин бахъиндал, я рак1 бакъвадал
Цаби
къирщун, г1одов къулулаан мун
Гьеб
бук1ана бищун дуй зах1матаб мех
Рах1ат
гьеч1еб рек1ел бак1аб дур к1ут1и
Дур
ахираб балай, хирияв эмен
Даим
рек1елъ буго, цебе ч1ун буго,
Гьабич1огун
тараб х1еренаб калам
Каранда
къан буго, мун аралдаса.
Бесдаллъи
бихьарав, ракъи х1ехьарав,
Г1умрудул
г1емерал нухал нахъ тарав,
Г1адлуги
кьварарав, къоги бихьарав
Дур
хъах1ал расазе къулула бет1ер,
Дуца
босун ана, пуланав эмен
Г1умруялъулгун
дир гьит1инаб бухьен
Мун
вук1ааб мехалъ бук1араб рохел
Ракьулъе
т1ерхьана дудаго цадахъ
Т1аса
лъугьа, эмен, дида бич1ч1ич1о
Мун
гьеч1ел къоялги рач1ине рук1ин.
Ахирисел
къояз тамахлъун араб,
Дур
балагьиялъ дун кант1изайич1о
МКОУ «Чиркейский
многопрофильный лицей имени А. Омарова» ученица 11 «х» класса Ахмедова Джамиля
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.