Муниципальное
казенное общеобразовательное учреждение
«Тлохская
СОШ»
Открытый
урок
на
тему:
Халкъияб
к1алзул гьунаралъул асар
«Муг1рузул
Г1али»
(6б
кл)
Подготовила:
учитель
аварского
языка
и
литературы
Гасанова
Г.М.
с.
Тлох 2014г.
Класс: 6б
Къо-моц1: 29.09.2015с.
Дарсил тема:
Халкъияб к1алзул гьунаралъул асар
«Мугг1рузул Г1али» (2дарс)
Дарсил мурад:
1. Г1адатияб
анализзалдалъун лъималазулъ г1акълу бег1ери
2. Халкъал
к1оч1олъ какулел г1адамазул инжитаб г1амал-хасият рагьи ва гьелъул кьуч1алда
лъималазулъ инсаанлъи, т1адег1анаб сахаватлъи ккуцай.
3. Чвахун,
бит1ун кеч1ц1алиялъул бажари куцай.
Дарсил алатал:
1. Халкъиял
к1алзул гьунаразул т1ах1азул , суратазул выставка.
2. Умумузул
партал.
Дарсил
ин.
1. Дарсил
байбихьи.
Дарс байбихьила
учительницаялъул авалияб гара-ч1вариялдалъун.
- рорч1ами,
лъимал, г1одор ч1а.
- жакъа буго
нилъер рагьараб авар адабияталъул дарс. Нилъехъе гьоболлъухъе рач1ун руго
нилъерго учительзаби ва завуч.
Жакъасеб дарсил
тема бугонилъер х.к1.гь.асар «Муг1рузул Г1али» - 2 дарс.
Ц1алдохъанас
доскаялдаса тема ц1алила ва дарсил мурадалги рагьила. Мурад доскаялда хъван
бук1ина.
-Рокъобе
х1алт1иялъул хал гьабила. Ц1алдохъбаз рахъун рач1арал суратазул анализ гьабила
ва гьел ввыставкаялда лъела.
2. кеч1ал1ул
анализ
- Классалъе суалал
1. Араб дарсида
ц1алараб кеч1 «Муг1рузул Г1али» кинаб асар кколеб. Литературияб асарищ яги
халкъияб к1алзул гьунарищ?
2. литературияб
асар кинаб асар кколеб?
3. Халкъияб
к1алзул гьунаралъул асар – кинаб асар кколеб?
4. «Муг1рузул
Г1али» кеч1алда релълъараб цойги кинаб ц1алараб нужеца асар?
-Выставкаялъе
к1вар кьела. Суратазул баян кьезе т1амила
- Ц1алдохъаби
т1амила кеч1 ролазде бикьун ц1ализе.
- Коч1ол кесек
рек1ехъе лъазабурав чи вугищха нужер? Квер борхарал 2-3 ц1алдохъан бицине
рахъинарила.
- Асаралда т1асан
суалал кьела.
а) Кинха
бихьизабун бугеб коч1олъ Г1алил хъизан ва Г1алилги ч1ужуялъулги гьоркьоблъи?
б) Гьеб хъизан
биххиялъе г1илла щиб ккараб?
в) Кин нужеда
рич1ч1улел гьал мухъал:
«…Вач1унев вихьула
лъабго нухлулав
К1ал ч1ег1ераб
х1ама цебеги къот1ун…»
г) Гьаб коч1ол
аслияб пикру кинаб бугеб? Гьеб пикру коч1ол цо мухъалдалъун бич1ч1изабун буго,
гьеб мухъ бате к1очолъ.
д) Г1алил гъалат1
кинаб ккараб?
е) Г1алие халкъалъ
кинаб кимат кьолеб? Щай Г1алица хвел т1аса бищараб?
- мац1ихъанлъиялда
т1асан гьересиялда т1асан нужеда кицаби абичлго лъаилщ? (лъалел бицине т1аде
рахъинарила.
3.
гьанже нилъеца
гьаб ц1алараб асаралда т1асан сценка бихьизабила.
-нилъеда лъалаха,
лъимал, асарал рук1уна бат1и-бат1иял: сатириял, лирикиял, трагедиял. Аб асар
киналда гьоркьобеха унеб?
- коч1олъа
рич1ч1уларел раг1аби доскаялда хъван рук1ина, гьезие баян кьела ва
литератураялъул тетрадазда хъвазе т1амила ц1алдохъаби.
4. дарсил ахир
1. Дарсил х1асил
ва къиматал.
-гьанже, лъимал,
нилъер дарс ахиралде щвана. Бокьун буго нужее баркала кьезе. Баркала, дарсида
лъик1аб г1ахьаллъи гьабуна нужеца, хасго … .
- къиматал лъела.
Рокъобе нужее коч1ол пасих1лъи ,чвахи борхизабизе ва сочинениялде х1адурлъизе.
Сочинение хъвазе буго гьаб асаралда т1асан.
-баркала т1аде
рач1арал гьалбадериеги учительзабазе
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.