Авар
мац1алъул рагьараб дарс
Тема:
«Гъ [ гъ] гьаракь ва х1арп» (ц1али ва хъвай).
Дарсил мурад:
гъ [гъ] гьаракь ва х1арпалъулгун лъай хъвай гьаби;
Рагьукъаб [гъ] гьаракь гъорлъ бугел
раг1аби бит1ун ц1ализе ва хъвазе малъизе.
Дарсил
ин.
I
Лъимал дарсиде х1адур гьари.
Ассаламуг1алайкум
Саламалъул берцинлъи,
Гьимулаго кьолелъул
Унго гьелъул гьайбатлъи.
Къечарасе лъим г1адаб,
Риидал гьогьен г1адаб,
Рокьи загьир гьабулеб
Ассаламу г1алайкум!
- Жакъа нилъер бугоха лъимал г1адатияб
гуреб, т1аде гьалбалги рач1араб дарс.
-Рач1аха годор ч1елин
Г1емер лъик1 г1енеккилин.
II
Рокъобе кьураб дарсил хал гьаби.
1) –
Нилъеца араб дарсида малъун бук1ана Кь кь х1арпал, рач1аха хъвазин гьезул цо-цо
мухъ берцинго ва бац1ц1адго. (Кь кь х1арпал хъвазе ва къимат кьезе).
2) –
Доскаялда хъвай-хъваг1ай.
Кьили т1ад къан, чу
кьолон,
Кьалде Къуду къокъана.
Кьо бахингун,
Кьурда гъоркь Къуду
кьижана.
(Кь х1арпал ратизе ва
гъоркьан х1уччал ц1азе.)
3) «Г1абдулагьил
кьег1ер» абураб хабар ц1ализе ва тексталдасан суалал кьезе.
(Рахас гьабун ц1али.)
- Г1абдулагьие, гьавураб
къо баркун, Мах1ададаца щиб кьураб?
- Г1абдулагьие кьег1ер
бокьанищ?
- Кин гьес гьеб
хьихьараб?
-Кьаг1рие щиб гьабизе
бокьулеб бук1араб?
- Кьег1ер кинаб
лъугьараб?
- Инсуе щиб бокьун
бук1араб?
- Щай инсуца кьег1ер маг1арде
бит1ич1еб?
III Ц1ияб
дарс.
1. Гъалбац1,
гъуни, баргъич, гъуй,
Гъаран,
гъурущ, гъадаро,
Аргъан,
гъамас, гъансито,
Гъудал,
гъеду, гъец1, бугъа,
Гъулгъудула,
багъула,
Гъенола,
гъугъадула,
Багъарула,
гъадула,
Гъизуна,
гъиргъидула.
2. Гьаб
гьаркьилаб азбукаялъухъ г1енеккидал, кинаб х1арпха нилъеца жакъа малъизе
бугеб? ( -Гъ гъ )
-Гъ
[гъ] кинабха кколеб, лъимал?
(Рагьукъаб,
гъугъаб).
-
Кинал х1арпалги данде ран лъугьун ругел х1арпал?
-Чан
элементалдасан лъугьун бугеб гъ х1арп?
Доскаялда
хъван бихьизабизе Гъ гъ Гъ гъ
3. Словарияб
х1алт1и
Бицанк1о ч1вай.
Гьаб щиб к1ет1еро кколеб,
Гъут1бузда жиб к1ет1олеб,?
Х1апара-х1ут1 толареб,
Гъут1бузе сахлъи
кьолеб? (Гъот1орк1о)
Гъот1орк1о гъвет1
4. Т1ехьалдасан
ц1али. [Гъ]
х1алт1и
Гъа гъи гъу гъо гъе
Гъабу, гъира, гъуд, гъот1орк1о, гъеду,
Гъазимух1амад, Алгъина, Агъадаци
5. Сураталдасан
гара-ч1вари.
-
Гьаб сураталда щиб бихьулеб бугеб нилъеда?
-
Лъималаз щиб гьабулеб бугеб?
-
Агъадацица лъималазе щибдай бицунеб бугеб?
(Воспитательный
момент)
6. Текст
ц1ализе.
«Гъут1бузул
тохтир»
Тексталдасан
суалал
-
Лъималаз щиб гьабураб Агъадацие?
-
Нужеца гьабулебищ гьединаб кумек?
Маг1арул район: Гъуниб.
-
Нилъер район лъидаха лъалеб?
IV
Физминутка
V Дарс щула гьаби.
1
Суратазул кумекалдалъун раг1абазул болъаби ц1езаризе.
1.гъеду
2.
гъурущ
3.гъамас
4.баргъич
5.гъадаро
2 Ц1ияб раг1и лъугьинабизе.
Гъал+бац1= гъалба1
Гъалбац1 – бук1ине бегьула г1адамасул
ц1арлъунги.
3 Гъалбац1ал кин гъулгъудулел?
Гъ гъ гъ
Къуркъби кин къвакъвадулел?
Къва- къва къва.
Гарц1ал кин ц1иц1идулел?
Ц1- ц1- ц1
Борхьал кин хьирхьидулел?
Хь- хь- хь
4. Маг1арул мац1алъул 13 х1арп
Х1урччгун хъвалел – (6) х1, г1, т1, к1,
ч1, ц1
Ъ тв.знакгун хъвалел – (4) гъ, хъ, къ, лъ
Ь мяг.знакгун хъвалел – (3) гь, хь, кь
5. Слогалккун абун, гьал раг1аби хъвазе.
(заман г1унани).
Гъалбац1ал гъанц1уларо-
Гъулгъудула гъугъала.
Гъудулги гъадуларо-
Гъот1ода гъапуллъула.
V.
Дарсил х1асил гьаби.
- Бокьарабищха, лъимал, нужее гьаб дарс?
( )
- Бищунго щиб нужее бокьраб гьаб дарсалъул?
- лъие щиб бокьараб?
Лъик1 буго х1алч1ахъадал, дарсида лъик1
х1алт1ана:
Гьалцояз дагьабги х1аракат бахъизе ккела
дагьалги лъик1 х1алт1изе.
Муниципальное
казённое общеобразовательная школа
Зиранинская
средняя общеобразовательная школа
Открытый
урок
По
родному языку
Выполнила:
Абдулаева Р.ДФЁ5Ё.
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.