Авар
мац1 – 5 класс
Дарсил
тема: Раг1аби лъугьин
Дарсил
мурад: Ц1иял раг1аби лъугьунел къаг1идабазул
х1акъалъулъ бицин
Дарсил
масъалаби: Лексикаялъул х1акъалъулъ баянал г1ат1ид гьари
ва такрар гьари, бат1и-бат1иял къаг1идаби х1алт1изарун, ц1иял раг1аби
лъугьинаризе бажари щвезаби, синтаксисияб, морфемияб разборал гьари камил гьаби,
к1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби, мац1алде рокьи щула гьаби
Дарсил
тайпа: дарс-телемост
Дарсил
алатал: авар мац1-5 кл., презентация, компьютернияб
класс
Дарсил
ин:
1. Класс дарсиде х1адуриялъул лах1зат
2. Цоцае салам кьей (Слайд)
3. Раг1икъот1 ц1езаби: (Слайд)
1.Тирияв абураб раг1уе синоним (лебалав)
2. Мискинаб абураб раг1уе антоним (бечедаб)
3. Къуватаб абураб раг1уе синоним (кутакаб)
4. …Алжаналъул к1ул (сабру)
5. Дарсида жавабазухъ щола …(къимат)
6. Рак1бакъвараб, къваридаб-антоним (кепаб)
7. Вач1ана-антоним (ана)
4. Дарсил тема баян, мурад баян гьабила (Слайд)
5. Араб материал такрар гьаби
1.Разборазул минутка (Слайд)
Жакъа Г1усманица к1одое хабар бицана
2.Раг1абазул диктант (Слайд)
Ба_адаб Кверда_ел
_ар
Ре_ен
Бу_ине
Ра_ан
Г1аз_
Г_рде
Г1умр_
Бе_изе (г1ака)
Н_жер
Эбел_эмен
Ру_аби
Ре _изе (туманк1)
3.Г1емер маг1наялъул раг1аби такрар гьари (Слайд)
Кьибил
Чед
Мац1
Т1агъур
К1ал –г1емер
маг1наялъул раг1аби рате
4.Раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1на такрар
гьаби (Слайд)
*
Тамахаб бусен
*
Тамахаб г1амал
*
Меседил саг1ат
*
Меседил рас
*
Хъач1аб ракь
*
5. Хъач1аб жаваб- гьал раг1абазул дандраязда
гъорлъа хъвалсараб
маг1на кьолел рате.
6.
Бахчараб раг1и бате: (слайд)
*
Ниж руго _______
*
Ратизе ц1акъ бигьаял:
*
«Лъаг1елалъул»-синоним
*
«Метералъул»- антоним
*
7. сурукъаб –унтараб, щокъаб, гIажизаб
*
сахаб – квешаб, къадараб
*
лъикIаб
–ц1одораб, гIакъилаб
*
гIантаб
– берцинаб, гьайбатаб-
*
г1аксияб маг1на кьолезул жутал гьаре
*
8. Гьудул-гьалмагъ
цадахъ ккун, (слайд)
*
Цинг1аги гьев хьвадич1о.
*
Ихтилат –кепал
ц1ехон,
*
Кивниги гьав вахъинч1о- ч1ег1ерхъварал
раг1абазе баян кье
6.
Ц1ияб тема бицина (слайд)
Раг1аби журан
|
Гъал+бац1
|
Раг1ул
кьибилалде суффиксал журан
|
Вац+г1ал
|
Ударениялъ
бак1 хисун
|
Лакай-лакай
|
Раг1ул
кьибил хисун
|
Хунзахъ-хунз
|
Цо
каламалъул бут1а цогиялде сверун
|
Бах1арай
ячана, бах1арай г1адан
|
-лъи, -ро, -ч,
-к1о, -аб, -гьан
-г1ал, -хъан,
-къ,-к-
маг1арул мац1алда ц1ик1к1ун х1алт1изарулел суффиксал
7. Ребусал ц1але: (слайд)
8. Суффиксазул кумекалдалъун ц1иял раг1аби
лъугьинаре (слайд)
Хъухъади
Ц1акъ
Вац
К1одо
Лъик1
Яс
Кьурди
|
-аб
-ро
-г1ал
-ч
-лъи
-хъан
-к1о
|
9. Ударение лъе: (слайд)
Биччана
Раг1и
Малал
Сахлъи
Свери
Кьалал
Г1усал
|
Биччана
Раг1и
Малал
Сахлъи
Свери
Кьалал
Г1усал
|
10. Росдал г1адамазул ц1арал (слайд)
Гьоц1алъ
Буц1ра
Гьидалъ
Г1ашилт1а
Ц1ада
Балахьуниб
Алмахъ
Инхо
|
гьоц1ал
буц1рул
гьид
г1еш
ц1игьул
белахь
алмахъал
инхвал
|
11. Малъараб материал щула гьабиялъе
т1ехьалдасан х1алт1аби т1урай.
12. Расанди «Г1акъилалги ц1одоралги»
13. Рефлексия
Дида лъана…
Дида бажарана…
Дие бокьана…
14. Рокъобе т1адкъай:
Гьум.-135, х1алт1и-381-сураталда т1асан
сочинение хъвазе
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.