Инфоурок Начальные классы Рабочие программыРабочая программа по родному языку и литературе 1 кл

Рабочая программа по родному языку и литературе 1 кл

Скачать материал

 

 

Баян    кьеялъул    кагъат.

Автор: Абдулаева Аминат Магомедовна.

МацI цебетIола ва бечелъула, халкъалъул   маданияб даража борханагIан. Авар мацI бицунеб халкъалъул къадар гIага-шагарго 758438 чиясда гIагарун буго.  

ХЪВАЙ-ЦIАЛИ МАЛЪИ ВА КАЛАМ ЦЕБЕ ТIЕЗАБИ.

(5 сагIат анкьида жаниб, кинабниги 165 сагIат)

ХъваI-цIали малъи гIуцIун буго лъабго бутIаялдасан:

1.                 ХIадурлъиялъул заман.

2.                 ХIарпал малъулеб (букварияб) заман.

3.                 ХIарпал малъун хадусеб заман.

Хъвазе-цIализе малъула гьаркьилаб аналитикиябгун синтетикиябметодалдалъун.

ХъваI-цIали малъи ккола цадахъаб тадбир: цIализе малъиялда цадахъ хъвадаризеги ругьун гьарула, гьебги щулалъизе гьабула калам цебетIезабиялъул хIалтIаби тIоритIулаго, ай гьаркьаздасан рагIи, рагIабаздасан предложение, предложениял дандран хабар гIуцIизе ругьун гьарулаго.

Гьебго заманалда класстун къватIисеб цIалиялъул дарсида цIалдохъабазул интерес бижизабула лъималазе хъварал тIахьазде, жидецаго тIехь цIализе ругьун гьарула.

ХIАДУР ГЬАРИЯЛЪУЛ ЗАМАН (19 сагIат)

Калам (кIалзул ва хъвавул): гIаммаб бичIчIи.

Предложение ва рагIи. Графикиял схемабаздаса пайдаги босун, калам предложениялде, предложениял рагIабазде, рагIаби слогазде, риххизе ругьун гьари.

Слог, ударение. РагIаби слогазде риххизеги, рагIабазулъ удврениеги, (рагIулъ слогазул цояб цогидаздаса цIикIкIун гьаракь борхун абиялдалъун) рагIулъ ругел слогазул къадарги бихьизабизе лъай.

Гьаркьал ва хIарпал. Гьаркьазул хIакъалъулъ бичIчIи: гIинтIамулаго ва абулаго рагьаралги рагьукъалги гьаркьал цоцаздаса ратIа рахъизе лъай.

РагIабазулъ гьаркьал(рагьарал ва рагьукъал) ратIа гьаризе: рагIабазул слогалъулабгун гьаркьилаб анализ гьабизе (рагIул гьаркьазул къадар чIезабизе, рагIул бетIералда, бакьулъ, ахиралда букIаниги,  гьеб гьаракь бугеб бакI лъазе), ударение бугеб слог бихьизабизе лъай.

Кьураб гьаракьгун рагIаби ургъизе лъай. А, и, у, о, э гIадал гьаркьазулгун гьел ратIа рахъизе лъай.

 

ХIАРПАЛ МАЛЪУЛЕБ (БУКВАРИЯБ) ЗАМАН (116 сагIат).

1.                 ЦIализе малъи.

Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал хIарпаздалъун рихьизаризе лъай. Рагьараб слог цIализе лъай. Малъарал хIарпал гъорлъ ругел слогал цIализе лъай.

КъотI-къотIарал азбукаялъул хIарпаздаса рарагьаралги, къаралги, рахаралги слогал гьоркьор ругел рагIаби данде гьаризе ва гьел цIализе лъай.

Дагь-дагьккун рагIаби, къокъал предложениял, захIматал гурел гьитIиналго текстал битIун ва гIедегIичIого слогалккун цIализе ругьун гьари.

БатIи-батIиял тайпабазул предложениял, тайпа цоял членалгун предложениял, интонациялги цIунун, цIализе лъай.

МугIалимасда хадуб такрар гьабун, лъималазул гIумруялда хурхараб, пасихIаб, бигьаго ракIалда чIолеб 5-6 кечI рекIехъе лъазаби.

 

2.                 Хъвазе малъи.

Хъвадарулаго битIун гIодор чIезе, тетрадь партаялда лъезе, ручка, къалам битIун кквезе лъимал ругьун гьари.

КIудиял ва гьитIинал хIарпал битIун хъвазе ва гьел рагIабазулъ цолъизаризе бажари.

МугIалимгун цадахъ гьаркьазулгун слогазул анализ гьабун хадуса, рагIаби ва предложениял хъвазе лъай.

Цин мугIалимас тетрадазда кьурал, цинги азбукаялда ругел рагIаби ва предложениял, тIаде балагьун хъвазе лъай. МугIалимас абурал рагIухъе хъвалел рагIаби ва гьединал рагIабаздаса данде гьарурал предложениял хъвазе бажари.

Предложениялъул авалалда кIудияб хIарп хъвазе, ахиралда тIанкI лъезе ругьун гьари. ГIадамазул цIаразул ва хIайваназул тIокIцIаразул бетIералда кIудияб хIарп хъвазе ругьун гьари.

Гемитанал ва лабиалиял гьаркьал рихьизарулел хIарпал гъорлъ ругел рагIаби хъвазе ругьун гьари.

 

3.                 КIалзул калам цебетIезаби.

Гьаракь. ГIедегIичIого, хIухьел битIун босун, гьоркьохъеб даражаялъул хехлъиялда гаргадизе ругьун гьари. КIалъалого гьаракь борхи ва гIодобцин дурусго гьабизе ругьун гьари. Ударениеги цIунун, литературияб, къагIидаялде рагIаби (хасго захIматал слогалги гьаркьал гъолъ ругел рагIаби) битIун абиялъул бажари камил гьаби. Авар мацIалъул киналго гьаркьал, хасго геминатал ва лабиалиял гьаркьал, битIун рахъизе ругьун гьари.

РагIи. Гьоркьоса къотIичIого лъималазул словарияб нахърател бечелъизаби. Предметал, гIаламатал, ишал рихьизарулел рагIабазул цIарал битIун хIалтIизаризе ва гьезул магIна баян гьабизе лъай. Предметал дандекквезе, гьезул цоцаздаса ратIалъизарулел гIаламатал ратизе лъай.

Жидерго пикру загьир гьабизе къваригIараб рагIи балагьизе ва цогидал рагIабигун жинсгун формаялъулъ рекъон ккезабизе лъай. Омонимазулгун, гIемер магIнаялъул рагIабазулгун, синонимазулгун, антонимазулгун лъай- хъвай гьаби (терминал абичIого).

Предложение ва цоцазда хурхараб калам. Школалде рачIинегIан лъималазул кIалъазе бугеб бажари.

МугIалимас кьурал суалазда рекъон, жидеда лъалел магьрабазул ялъуни гIисинал, бигьаял хабаразул хIасил бицине бажари. Цо ялъуни цо чанго сураталде балагьун, гьитIинабго хабар херхине лъай.

ЦIаларал предложениязда ва тексталда тIасан кьурал суалазе жавабал кьезе лъай.

Жиндир гIумруялде ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ, мугIалимас кьураб сюжеталда рекъон, хабар бицине ва хъвазе бажари.

БицанкIабазе жавабал кьезе, кучIдул рекIехъе лъазаризе, кицаби , абиял каламалъулъ хIалтIизаризе, рекIехъе лъазарурал кучIдул пасихIго рикIкIине бажари.

Жидецаго цIалулел тексталда жаниса ричIчIуларелрагIаби ва предложениял ратIа рахъун, гьезул магIна мугIалимасда цIехезе бажари.

 

ХIАРПАЛ МАЛЪУН ХАДУСЕБ ЗАМАН (30сагIат)

1.                 ЦIали ва калам цебетIезаби (15сагIат)

ЦIалул тематика: тIабигIаталъул, лъималазул, хIанчIазул, захIматазул, ВатIаналъул, ракълие  гIоло къеркьеялъул, хIайваназул бицунел рагIул устарзабаз хъварал гIисинал асарал.

3-4 кечI рекIехъе лъазаби.

ЦIалиялъул рахъалъан лъухьине кколеб бажари.

ГIедегIичIого гIисинал текстал битIун цIализе лъай. Минуталда жаниб гIага-шагарго 20-25 рагIи бугеб бигьаяб текст цIализе лъай. Текст цIалулаго, цояб предложение цогиялдаса, лъалхъи гьабиялдалъун, батIа бахъине лъай.

Тексталда тIад хIалтIи гьаби. Цоцада хурхараб калам.

ЦIалараб тексталда тIсан мугIалимас лъурал суалазе жавабал кьезе бажари. МугIалимасул кумекалдалъун цIаларал текстазда цIарал лъезе бажари. ЦIаларал асаралъе къимат кьезе лъай. Суратазда тIасан харбал херхине лъай (бицун).

Баянго, зирараб гьаркьидалъун рагIаби ва предложениял абизе ругьун гьари.

Цоцазда хурхараб каламалда, предложениялда, рагIуда, гьаракь битIун абиялда тIад гьоркьоса къотIичIого хIалтIаби гьари. Цогидал цIалдохъабазул, мугIалимасул хабаралъухъ гIенеккизе бажари.

2.                 Хъвазе малъи ва калам цебетIезаби (15 сагIат)

ХIапал малъулеб заманалда фонетикиялъул ва графикиялъул рахъалъ цIалдохъабазещвараб лъай ва гьезул лъугьараб бажари щула гьаби: гьаркьал ва хIарпал, рагьарал ва рагьукъал гьаркьал, авар мацIалъе хасияталрагьукьал хIарпал, (гь, гъ, кь, къ, кI, лъ, тI, хь, хъ, хI, цI, чI), геминатал ва лабиалиял гьаркьал.

РагIаби слогазде рикьи: цо мухъидасан цоги мухъиде рагIаби рикьун роси.

Калам. ГIадамазе калам сундуе къваригIун бугеб. Каламалъул бутIа хIисабалда рагIи, предложение, текст ва гIумруялда жаниб гьезул бугеб кIвар.

ГIадамазул цIаразул ва хIайваназул тIокIцIаразул бетIералда кIудияб хIарп.

Предложение. Предложениялъул авалалда кIудияб хIарп хъвай, ахиралда тIанкI лъей. Цо чIванкъотIараб темаялда тIасан предложениял гIуцIи.

 

Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ 1 классалъул цIалдохъабазда цере лъурал аслиял тIалабал.

ЦIалдохъабазда лъазе ккола:

авар мацIалъул киналго гьаркьал ва хIарпал, гьезда гьоркьоб бугеб батIалъи (гьаркьал абула, хIарпал хъвала)

ЦIалдохъабазухъа бажаризе ккола: рагIабазулъ гьаркьал ратIа р?хъизе, гьезул тартиб чIезабизе, рагьаралги рагьукъалги гьаркьал ва хIарпал ратIа рахъизе, геминатал лабиалиял гьаркьал рихьизарулел хIарпал къосинчIго битIун рахъизе ва гьел гъорлъ ругел раIаби, гъалатI биччачIого, чвахун цIализе.

РагIулъ ударение тIаде кколеб бакI бихьизабизе.

Предложение рагIабазде риххизе.

МухIканго, гъалатI биччачIого, кIудиял ва гьитIинал хIарпал, слогал, рагIаби хъвазе.

МугIалимас абураб 3-5 рагIудасан гIуцIарал предложениял, рагIаби, гъалатI биччачIого хъвазе.

Предложениялъул авалалда кIудияб хIарп хъвазе, ахиралда тIанкI лъезе.

МугIалимас кьураб темаялда тIасан 3-5 предложениялдасан хабар гIуцIизе (бицун).

 

ЗахIматал  суалазул цояб ккола кIирекъарал хIарпазул битIунхъвай. РагIабазул къадар бихьизабун буго: хх- 8 рагIулъ, сс- 4 рагIулъ, лълъ - 3 рагIулъ, цIцI- 4 рагIулъ, чIчI- 5 рагIулъ. Кк, кIкI, чч рагIулебщинаб бакIалда хъвазе.

Дурусаб хъвай-хъвагIай букIине ккани,  къваригIуна:

1)                Киналго каламалъул гьаркьал хIарпаздалъун рихьизаризе;

2)                Киналго хIарпазул цIарал ва гьел хъвалеб куц, ай  алфавит ва каллиграфия лъазе;

3)                БитIунхъваялъул къагIидаби ракIалда чIезаризе, ай  орфография лъазе

 

Графика ва гьелъул хаслъаби

1.                  Щибаб хIарпалъ жиндие хасаб цо гьаракь бихьизабизе ккола.

2.                 Киб  хIалтIизабулеб бугониги , цого-цо гьаракь бихьизабизе ккола.

3.                 Кидаго гуро хIарпги гьаракьги дандек колеб.

Алфавит

МацIалъул гьаркьал жидеца рихьизарулел хIарпал цо чIараб тартибалда данде росараб сияхIалда алфавит абула. ГьабсагIаталда авар мацIалъул алфавиталда кинабниги 46 хIарп буго. Гьезда гьоркьосан 33 гIурус алфавитадаса босун буго, 13 хIарп цIидасан гIуцIун буго: 4- хIарп ъ-лъул кумекалдалъун (къ, хъ, гъ, лъ);

3 хIарп ь-лъул кумекалдалъун (гь, кь, хь);

6 хIарп римазул цойил тарихалъул (I) кумекалдалъун (гI, кI, тI, хI, чI, цI).

Жидер цо гIаммаб гIаламат бугел гьаркьал рихьизарулел хIарпазул цIаразда цадахъкъарал абула: рагьарал гьаркьазул хIарпал, рагьукъал гьаркьазул хIарпал.

Рагьарал хIарпал: а, е, ё, и, у, о, ы, э, ю, я. (ъ, ь-хIарпаз гьаракь бихьизабуларо).

Рагьукъал хIарпал: б, в, г, гъ, гь, гI, д, ж, з, й, к, къ, кь, кI, л, лъ, м, н, р, с, т, тI, ф, х, хъ, хь, хI, ц, цI, ч, чI, ш, щ.

 

БитIунхъвай.

 

Авар мацIалъул битIунхъваялъул щуго бутIаялда рикьизе бегьула:

1.                 Гьаркьал рагIабазулъ хIарпаздалъун рихьизари;

2.                 РагIаби рекIун, ратIатIун ва гьоркьоб дефис лъун хъвай;

3.                 КIудиял ва гьитIинал хIарпал хIалтIизари;

4.                 РагIи цо мухъидаса цогиялда бикьун боси;

5.                 Журарал къокъ гьарурал рагIаби хъвай..

 

Байбихьул классалда хIалтIизаризе бегьула:

а) мацIалъул анализ ва синтез;

б) релъинабиялъул метод;

в) грамматикаялъул битIун хъваялъул масъалаби тIуразариялъул метод.

ТIадбалагьун хъваялъул батIи-батIиял къагIидаби:

1)                РагIаби ккун хъвай; тIаса бищун хъвай, батIи-батIиял тIадкъаялгун хъвай.

     а) кьурал суалазе жаваб хъвазе;

     б) предложениял тIиритIизаризе;

     в) рагIул форма, хисизаби;

     г) гьоркьоса биччантараб рагIи, слог, хIарп хъвазе;

     д) кьурал рагIабаздасан калам гIуцIизе;

     е) кьураб тексталда каламалъул бутIа ва гьелъул грамматикиял гIаламатал ратIа гьаризе.

ТIоцIебесеб классалда цIалулел лъималаз бищунго цебе лъай-хъвай гьабула каламалъулгун.

ГIадамаз бицунеб хабаралда кIалзул калам абула. Лъималазул кIвар буссинабула каламалъул мгIнаялде, каламалъул рекIел хIал, пикру загьир гьабиялде.

Каламалъул хIалтIи лъугьиналъе гьадинал шартIал руго:

1) кIалъаялда бугеб хIажалъи.

2)каламалъул магIна букIин.

3)литературияб мацIалъул норма рекIелъ боси.

4)цIали ва хъваялъул ругьунлъаби рукIелъ роси.

5)лъималазул каламалъул культура камиллъизаби.

Байбихьул классазул калам цебетIезаби бараб буго:

1)рагIуда тIад гьабулеб хIалтIи .

2)рагIаби дандраялда, предложение данд гьабиялда тIад гьабулеб хIалтIи.

Гьанжесеб школалда калам цебетIезаби рахьдал мацI малъи аслияб мурад ккола,гьаркьал ритIун рахъиялъул тарбия кьей,дурусго рагIаби абизе ккола.

КIалъай битIун гьабураблъун рикIуна:

а) битIун абулебги ударение цIунунги бугони.

б) стилалда рекъон битIараб магIнаялда рагIаби хIалтIизарун ругони.

в) грамматикаялъул тIалабазда рекъон рагIаби хисизарун лъугьинарун дандран, предложениял гIуцIун ругони.

г) орфографиягин пунктуациялъул къагIидаби цIунун ругони,цIаразул бетIералда чIахIиял хIарпал цIунун ругони.

 

Калам букIине ккола берцинаб ва бечедаб.

ГIуцIараб каламалъул тайпаби:

а)  суалазе кьолел жавабал.

б) цIаларалъул анализ гьаби.

в) хал гьабиялъул хIакъалъулъ хъвай.

г) цIалараб текст бицун бажари

д) кьураб темаялда

ва сураталда тIасан хабар бицин.

е) рекIехъе лъазабураб текст бици.

ё) маргьаби ва харбал рицин.

ж) кагътал хъвай

з) гIурус мацIалдаса авар мацIалде текст буссинаби.

 

КIудияб хIарп хъваялъул къагIидабазулгун лъималаз лъай-хъвай гьабула хIадурлъиялъул заманалда, сураталде балагьун. ГIадамазул абулеб мехалъ: азбукаялда бищунго цере дандчIвала : «Ани»,  «Нина», «Ну-ну», «Ума», «Муи» абурал цIаралгун. Гьединал цIаразул битIунхъваялдеги кIудияб кIвар кьела.

 

Байбихьул классазул цIалдохъабазул хъвавул хIалтIабазулъ дандчIвала гъалатIал:

1)Алфавитиял;

2) Каллиграфиял;

3) Графикиял;

4) БитIунхъваялъулал;

5) Лъалхъул ишараби лъеялъулъ;

6)Фонетикиял;

7) Морфологиял;

8) Синтаксисиял;

9) Лексикиял.

 

Алфавитиял гъалатIазда гъорлъе уна хIарп мекъи хъвай, хIарпалъул цо бутIа хъвачIого тей, ялъуни хIарпалда цIикIкIараб бутIа тIаде жубай.

 

Каллиграфикиял гъалатIазда гъорлъе уна:

а) хъвалаго, хIарпазул гьетIи, роцен, форма цIунизе бажарунгутIи;

б) хIарпазда гьоркьоб букIине кколеб манзил цIунизе бажарунгутIи;

в) хIарпал, рагIаби цо мухъиде ккезаризе бажарунгутIи;

г) хIарпал мекъи цоцазда рухьинари;

д) цIакъго чIахIияб, ялъуни гIисинаб хатI.

 

ГъалатIазул  тайпаби:

а) рагIулъ  хIарпал гьоркьор риччай;

б) хIарпал хиси;

в) рагIул слогал гьоркьор риччай;

г) хIарпазул ва слогазул бакI хиси;

д) хIарпал ва слогал такрар гьари.

 

БитIунхъваялъул гъалатIазда гъорлъе уна:

а) предложениялъул авалалда гьитIинаб хIарп хъвай;

б) хх, сс, лълъ, цIцI, чIчI, цц  гьаркьал рихьизарулел хIарпал мекъи хъвай;

в) хасал цIаразул бетIералда гьитIинаб хIарп хъвай;

г) лабиалиял гьаркьал рихьизариялъулъ риччарал;

д) е, е, ю, я, ъ, ь хIарпал хъваялъулъ риччарал;

е) цо мухъидаса цогиялде рагIи бикьун босиялъулъ ккарал;

ё) рагIаби рекIун ва ратIатIун хъвай;

ж) журарал рагIабазул битIунхъвай цIуничIолъи;

з) кIиго яги лъабго слогалъул рагIабазулъ о, у хIарпазул битIунхъваялъулъ ккарал;

и) къадаралъул рикIенезул битIунхъвай цIуничIолъи.            

 

Лъалхъул ишараби лъеялъул ккарал гъалатIазда гъорлъе уна:

а)  предложениялъул ахиралда лъалхъул ишараби мекъи лъей, ялъуни лъунгутIи;

б) тайпа цоял членазда гьоркьор лъалхъул ишараби мекъи лъей;

в) предложениялъулъ кколарел лъалхъул ишараби лъей:

Фонетикиял гъалатIазда гъорлъе уна:

Ш-щ хIарпазул битIунхъвай

 Х-хъ хIарпазул битIунхъвай; кк, кIкI, чч гьаркьал рихьизарурал хIарпал мекъи хъвай.

Морфологиял гъалатIазда гъорлъе уна:

а) рагIул гIемерлъул форма мекъи лъугьинаби;

б) падежиял ахиразул битIунхъвай;

в) гьумералъул цIарубакIазул битIунхъвай;

 г) глаголазул формаби мекъи лъугьинари.

Синтаксисиял гъалатIазда гъорлъе уна:

а) жиб нахъбилълъараб рагIи аслияб рагIигун жинсгун формаялъулъ рекъонккунгутIи.

Лексикаяллъун ккола гъалатIал.

а) къваригIараб рагIи гьоркьоб биччай;

б) диалектазул рагIаби хIалтIизари;

в) магIна данде кколарел рагIаби хIалтIизари.

 

Пайда босарал тIахьазул сияхI

Байбихьул классазе авар мацIалъул программа. МахIачхъала,2000г.

Къурбанов З.М. Букварь. МахIачхъала,2013г.

Микаилов Ш. И. Авар мацIалъул битIунхъваялъул словарь. МахIачхъала,1989г.

Вакилов ХI. С. Байбихьул классазе авар мацIалъул битIунхъваялъул методика. МахIачхъала 2008г. ТIоцебесеб классалда кьун буго 5 сагIат авар мацIалъул букваралъе.  ЛъагIалие – 165 сагIат.

 

 

                                 Авар мац1алъул  «Букварь»  1классалъул тематикияб план

 

Дарс

СагIат

 

Дарсил  гIуцIи

ЦIалдохъабаз хIаракатчилъи бихьизаби

Дата

По плану

По факту

1

ВатIаналъул  хIакъалъулъ  гара-чIвари.

1

Россия,  республика, район , росу.

ЦIалдохъабазда цIехезе ватIаналъул.

 

 

2

Ручка кколеб куц малъизе.

1

Кваранаб квералъ ручка, килщаца кин кколеб битIун.

ЦIехезе ва бихьизабизе.

 

 

3

Вехь, гIиял, гIеч. Оц-цо.

1

Сураталъухъги балагьун вехь, гIиял.Чанго ва щиб гьабулеб бугеб.Ахикье щал руго,оц ,цо.

Рукъалъул хIайванал,чанго. Щиб гьабула.

 

 

4

ГIисинал хIучал, тIанкIал хъвай.

1

ТIанкIал ва хIучал рахъизе, битIун ручка ккозе.

Доскаялда ва тетрадалде хIучал рахъизе.

 

 

5

Иц, ци, си, вас, чи, чу.

1

Ци ккола гIалхул хIайван, вас кубикал ракIарулев вуго, гIанкIги буго.Чу рукъалъул хIайван буго.

ГIалхул хIайванал , рукъалъул  хIайванал , вас.

 

 

6

Тетрадалда хIучал рахъи.

1

ХIучал рахъизе бихьизабила, кверги  ккун малъила.

Тетрадалда хIучал рахъизе.

 

 

7

Лъималазул рассанкIаби.

1

Лъималазе расанкIаби, хIай, гьудуллъи гьаби.

Бицизе рассанкIабазул.

 

 

8

Тетрадалда хIучал рахъизе.

1

Тетрадалда битIун ва бацIцIадго хIучал цIазе.

БитIун хъвазе.

 

 

9

Сураталъухъ балагьун гара – чIвари.

1

Ясаз иту бахулеб куц,найил хайир, тIутIал, рукъалъул ва гIалхул хIайваназул цIарал.

Иту,най,хIайванал.

 

 

10

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Тетрадалда ва доскаялда хъвала.

Тетрадалда хъвазе.

 

 

11

ХIалтIи ва хIалтIул алатал.

1

Бел, газа,лъен,нилъ.

ХIалтIул алатал.

 

 

12

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

ГъалатI гьечIого бацIцIадго хъвазе.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

13

Хъизан, пихъал ва овощал.

1

Эбел-эмен, лъимал. ГIеч,гени, кокон,ражи,пер,охцер.

 

 

 

14

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Прописазда хъвазе.

 

 

 

15

Сураталъухъ балагьун гара-чIвари.

1

БацI ва цер,къали,зурма,пандур,накъира, лалу.

Музыкалиял тIагIелал, кьурди.

 

 

16

Рукъалъул хIайванал.

1

ГIака, чу,хIама,бече,куй,лемаг,кьегIер,гIанкIу.

Кинал рукъалъул хIайванал лъалел.

 

 

17

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

БитIун хъвазе малъизе.

Доскаялда ва тетрадалда хъвазе.

 

 

18

А а,И и хIарпал ва гьаракь.

1

А, и-рагьараб гьаракь, кIудияб,гьитIинаб, печаталъул, хъвавул.

ГIенекки ва цIали.

 

 

19

Хъвазе Аа,Ии хIарпал

 

1

БитIун хъвазе малъизе,квер  ккун бихьизабила.

Хъвазе тетрадалда.

 

 

20

Уу, О о хIарпал ва гьаракь.

1

У,о-рагьарал гьаркьал,кIудияб,гьитIинаб,печаталъул хъвавул.

ГIенекки ва цIали.

 

 

21

Хъвазе У у,О о хIарпал

 

1

БитIун ва бацIцIадго хъвазе малъила.

Хъвазе тетрадалда,прописалда.

 

 

22

Е е, Н н хIарпал ва гьаракь .

1

Е-рагьараб гьаракь, н-рагьукъаб гьаракь,

Эн-хIарпалъул цIар,кIудияб,гьитIинаб, печаталъул, хъвавул.

ЦIализе алфавит ва тIехь.

 

 

23

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

На, Ани,Нани,Нуну,цIар кIудияб хIарпалдалъун

хъвала.

Хъвазе хIарпал ва рагIаби.

 

 

24

М м, хIарпал ва гьаракь.

1

М-рагьукъаб гьаракь, эм-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул, хъвавул.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

25

Хъвавул хIалтIи.

1

Хъвазе М м,Ама,Ума,Муи,ма,ми, му.

Хъвазе М м хIарпгун рагIаби.

 

 

26

ЦIализе н,м  хIарпалгун.

1

На,ни,ну,не,ма,ми,му,ме,Ума,Нуну, Амин.

ТIехьалдаса цIализе.

 

 

27

Хъвазе слогал ва рагIаби.

1

Хъвазе слогал ва рагIаби н,м хIарпалгун. ЦIар кIудияб хIарпалдалъун хъвала.

Тетрадалда хъвазе.

 

 

28

Л л,хIарпал ва  гьаракь.

 

1

Л-рагьукъаб гьаракь, эл-хIарпалъул цIар, кIудияб , гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

29

Хъвазе Л л, хIарпал ва слогал.

1

Л л,ла,лу,ли,ле,лал,мел,мал.

Хъвазе бацIцIадго ва битIун.

 

 

30

Б б хIарпал ва гьаракь.

1

Б-рагьукъаб гьаракь, бе-хIарпалъул цIар,

кIудияб,гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.

ЦIализе тIехьалдаса, алфавит.

 

 

31

Хъвазе Б б, хIарпал ва слогал.

 

1

Б б,бо, би,бу, ба, аб, бел,бал,мел,бел, Билал,Булбул

ЦIар кIудияб хIарпалдалъун хъвала.

БацIцIадго, битIун хъвазе.

 

 

32

Г г, хIарпал ва цIали.

1

Г-рагьукъаб гьаракь , ге-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.

Г-хIарпгун цIализе,хъвазе.

 

 

 

33

Г,хIарпгун слогал ва рагIаби хъвазе.

 

1

Г г,гу,ге,го,ги,га,гел,гул,гагу,гама,гомог,Наби.

ЦIар кIудияб хIарпалдалъун хъвала.

Хъвазе бацIцIадго,гъалатI гьечIого.

 

 

 

34

Р р, хIарпал ва гьаракь.

 

1

Р-рагьукъаб гьаракь, эр-хIарпалъул цIар,

КIудияб, гьитIинаб, печаталъул,хъвавул.

ЦIализе эр хIарпгун.

 

 

 

35

Хъвазе Р р,слогал,рагIаби.

1

Р  р,ро, ру, ре,ра,ри,бер, гор,берал, гури,пер,ламадур.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

36

С с, хIарпал ва гьаракь.

 

1

С-рагьукъаб гьаракь , эс-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.

Эс-хIарпгун цIализе,хъвазе.

 

 

 

37

С с, хIарпалгун хъвазе.

 

1

Са,су, си, се,га,гу,ги, ге,сас,сури, сани,нису,росу,Аса, Асма,Асу. ЦIар кIудияб хIарпалдалъун хъвала.

Тетрадалдадоскаялда хъвазе.

 

 

 

38

ТIехьалдаса цIализе.

1

Суал сину буго. Асул сургу буго.

ЦIализе гьум.39

 

 

39

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

ТIехьалда тIаса балагьун хъвазе.

Тетрадалда хъвазе.

 

 

40

Т т, хIарпал ва гьаракь.

 

1

Т-рагьукъаб гьаракь,тэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб, печаталъул, хъвавул.

Тэ-хIарпгун цIализехъвазе.

 

 

 

41

Хъвавул хIалтIи.

 

1

Т т,та, ту, ти,те,то,терет,турут,тири, талат, Таибат.

Тетрадалда,доскаялда хъвазе.

 

 

42

Х х,хIарпал ва гьаракь.

 

1

Х-рагьукъаб гьаракь,ха-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе «Ах».

ЦIализе,хъвазе.

 

 

 

43

РагIаби ва предложениял хъвазе.

1

Исана харил сон буго.Хер бахараб буго.

Халунги Халисатги рохун руго.

БацIцIадго, гъалатI гьечIого.

 

 

 

44

З з, хIарпал ва гьаракь.

 

1

З-рагьукъаб гьаракь, зэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIина,печаталъул,хъвавул. ЦIализе. Руз.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

 

45

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Руз,газ,зар,заз,зирхараб, руз,берал,руго.

ГъалатI гьечIого,бацIцIадго хъвазе.

 

 

46

Э э ,хIарпал ва гьаракь.

 

1

Э-рагьараб гьаракь,кIудияб, гьитIинаб,печаталъул,

хъвавул.Эбел-эмен рохун руго.

ЦIализе, хъвазе.

 

 

 

47

Абун рагIаби хъвазе.

 

1

Эбел,эмен,Саху,Узу,Зирар,Зарема,Замира.

ЦIализе.Базар.

Хъвазе,цIализе.

 

 

 

48

Й й,хIарпал ва гьаракь.

 

1

Й-рагьукъаб гьаракь,йи-хIарпалъул цIар,кIудияб.

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.Найил

хайир буго.

ЦIализе, тIехьалдаса хъвазе.

 

 

 

49

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Хъвазе.Найил хайир буго.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

50

Ж ж,хIарпалгун цIализе.

1

Ж-рагьукъаб гьаракь,жэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.

Жамилатги Жамалги.

БацIцIадго,гъалатI гьечIого.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

 

51

Ж-хIарпгун рагIаби хъвазе.

1

Жу, жух,жини,Жамилат,Жамал, Нажабат, Ражаб.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

 

52

Е е,хIарпал ва гьаракь.

 

1

Е-рагьараб гьаракь,кIудияб,гьитIинаб,печаталъул,

хъвавул.ЦIализе.Нажабатги егила.

КIудияб хIарпалдалъун хъвай.

 

 

 

53

Хъвавул хIалтIи.

 

1

Ега,егила,нижее,нужее,беси,бесси,бабал,горо.

ЦIализе,хъвазе.

 

 

 

54

ЦIализе гьум.5I

1

Жамалги Жалилги жанире рахун ана.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

55

Доскаялдаса хъвазе.

 

1

Метер нижги роржине руго.Залмуги егун йиго. Бабал гагу.Бабал горо.

ЦIализе битIун.

 

 

 

56

К к,хIарпал ва гьаракь.

 

1

К-рагьукъаб гьаракь,ка-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе. Нижер хурзал-ахал.

ГъалатI гьечIого,бацIцIадго хъвазе.

 

 

 

57

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

ТIехьалдаса хъвазе.Кино.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

58

Ш ш,Щ щ,хIарпалгун цIализе.

1

Ш,щ-рагьукъал хIарпал,ша,ща-хIарпалъул цIар,

кIудияб,гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе. Камилги,Шамайги.

Хъвазе гъалатI гьечIого,бацIцIадго.

 

 

 

59

Хъвавул хIалтIи.

 

1

Ша,ща,шу, щу,ши,шо,ще,шар,шириш,Шамил,Камил.

ЦIализе,суратазухъ балагьун бицизе.

 

 

60

ГI гI,хIарпал ва гьаракь.

 

1

ГI-рагьукъаб гьаракь,гI-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.

Нужее босана.

Берцинго,бацIцIадго хъвазе.

 

 

 

61

Хъвазе тIехьалдаса.

 

1

МагIарулал,гIала,гIор,гIулби,гIусал,гIор.

ЦIализе,хъвазе.

 

 

 

62

ЦIализе.МагIарулал.

1

Ниж руго магIарулал.

ГъалатI гьечIого хъвазе.

 

 

63

Диктант.

1

Ругьунлъиялъул диктант хъвазе.

ПасихIго цIализе.

 

 

64

ТI тI,хIарпал ва гьаракь.

 

1

ТI-рагьукъаб гьаракь,тIе-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.

ГъалатI биччачIого хъвазе.

 

 

 

65

ТI,хIарпгун хъвазе.

 

1

ТIутIал тIагIинаре.

ТIутI,тIей,тIатIи,тIил,тIор,тIох,бетIи.

Цализе ва хъвазе.ПасихIго цIализе.

 

 

 

66

ЦIализе.БурутIги таращги.

1

ЦIализе гьум.60

Доскаялда,тетрадалда хъвазе.

 

 

67

ТIехьалдаса хъвазе.

 

1

Шанайил бурутI буго.ТIайгибил таращ буго.

БитIун,пасихIго цIализе.

 

 

68

В в,хIарпал ва гьаракь.

 

1

В-рагьукъаб гьаракь,вэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.

Валиги Увайсги.

БацIцIадго,гъалатI гьечIого.

 

 

 

69

Предложениял хъвазе.

1

Валил зигар камуларо.Увайсил хехго батула.

ЦIализе,тIехь,алфавит,хъвазе.

 

 

70

Эбелги васги.

1

ЦIализе гьум.62

БитIун ва бацIадго хъвазе.

 

 

71

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

БагIари,вагIари,вас,Варис,вуго,векери,вати.

ЦIализе,хъвазе.

 

 

 

72

КI кI,хIарпал ва гьаракь.

1

КI-рагьукъаб гьаракь,кIе-хIарпалъул цIар,кIудияб, гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.Нижер кумек.

БацIцIадго хъвазе,цIализе.

 

 

73

КI,хIарпгун хъвазе ва цIализе.

 

1

КIал,кIул,кIамури,кIибикIи,кIобокIи,сакI,бакI,

кIутIи,сукIи.ЦIализе.КIутI-кIутI.

ГъалатI гьечIого хъвазе.

 

 

 

74

Берзулаб диктант.

 

1

Хъвазе диктант.

 

ГъалатI гьечIого,бацIцIадго.

 

 

75

Ц ц, хIарпал ва гьаракь.

 

1

Ц-рагьукъаб гьаракь,цэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.Ци.

ЦIализе тIехьалдаса.

 

 

76

ТIехьалдаса хъвазе.

 

1

Ци буго залимаб жанавар. Цица хасел бегун тIамула.

БацIадго хъвазе.

 

 

 

77

Кв цIализе гьум.67

 

1

Аминатги,Калиматги,Шумайсатги кваралгун руго.

ЦIализе,хъвазе.

 

 

 

78

Хъвавул хIалтIи.

 

1

Квар,квер,квартIа,картIа, квер, кватIи.

БацIцIадго, гъалатI гьечIого хъвазе.

 

 

79

Д д,хIарп ва гьаракь.

 

1

Д-рагьукъаб гьаракь,дэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.

Дарсида кватIи.

ЦIализе,хъвазе,алфавит.

 

 

 

80

Доскаялдаса хъвазе.

 

1

Давуд дарсиде кватIана. Дун тIокIав квтIиларо.

БацIцIадго, гъалатI гьечIого.

 

 

81

КIудадаги кIодоги.

1

ЦIализе тIехьалдаса.

БитIун,гъалатI гьечIого.

 

 

82

ХI хI,хIарпал ва гьаркьал.

 

1

ХI-рагьукъаб гьаракь,хIа-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.ТIеметIибагIар.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

83

Хъвавул хIалтIи.

1

Хъвазе.ТIеметIибагIар.

ЦIализе,хъвазе,алфавит.

 

 

84

Щватаби щвана.

1

ЦIализе тIехьалдаса. Щватаби щвана.

ПасихIго цIализе.

 

 

85

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Ма нужее щватаби.Инсуца ритIана. ВахI, лахI,хIатI.

Хъвазе бацIцIадго.

 

 

 

86

Гь гь,хIарпал ва гьаракь.

1

Гь-рагьукъаб гьаракь,гьэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул, хъвавул.

ЦIализе, хъвазе.

 

 

87

Гьадинав вуго дир дахIадада.

1

ЦIализе.Бицине дахIададал хIакъалъулъ.

ГъалатI гьечIого.

 

 

 

88

Берцинхъваялъул хIалтIи.

 

1

Гьегь, гьад,гьоло,гьобо, дунги дахIададаги гьудулзаби.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

89

Диктант.

1

Хъвазе 8-I0 рагIул диктант.

ГъалатI гьечIого хъвазе.

 

 

90

Лъ лъ,хIарпал ва гьаракь.

 

1

Лъ-рагьукъаб гьаракь,элъ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе кицаби.

Элъ,хIарпгун цIализе,хъвазе.

 

 

 

91

МугIрузда руго гIемерал лъарал.

1

ЦIализе тIехьалдаса.

ЦIализе,кицаби,бицанкIаби.

 

 

92

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

ЛъагIи,лъел,лъелго,релъен,лъар,лъагIел,лъилъари.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

93

ТIехьалдаса хъвазе.

1

МугIрузда руго гIемерал лъарал.

ГъалатI гьечIого хъвазе.

 

 

94

Ч ч,хIарп ва гьаракь.

 

1

Ч-рагьукъаб гьаракь,чэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.Бекерулеб чу.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

 

95

Текст хъвазе.

1

Бекерулеб чу буго.Чода рекIине Булачил гьунар буго.

ГъалатI гьечIого,бацIцIадго.

 

 

96

МахIачил гороч.

1

ЦIализе.МахIачил гороч.

ЦIализе битIун.

 

 

97

Доскаялдаса хъвазе.

 

1

Тайги бачун.Чедги босун.Чуги бачун. МагIардеги инев ав.

ГъалатI гьечIого хъвазе.

 

 

98

Я я,хIарпал ва гьаракь.

 

1

Я-рагьараб гьаракь,кIудияб,гьитIинаб,печаталъул,

хъвавул.ЦIализе. Школалъул азбаралда.

ЦIализе,хъвазе.

 

 

 

99

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Яс,яц,ясикIо,ясалда,яцгIал,ягIари,ясбер,ябучу, ЯхIия.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

100

Асият.

 

1

ЦIализе битIун,хехго,заманалда балагьун.

Хех цIализе.

 

 

 

101

ТIегьалдаса  хъвазе текст.

1

Мун дуцаго веццуге.Гьуинаб рагIи бицани.

БвцIцIадго,гъалатI гьечIого.

 

 

102

Реццарулел лъимал.

 

1

Реццарулел лъималазул хIакъалъулъ цIализе.

Хехго, гъалатI гьечIого цIализе.

 

 

103

ЦI цI,хIарпал ва гьаракь.

 

1

ЦI-рагьукъаб гьаракь,цIэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе.

Царал сихIирлъи.

ЦI-хIарпгун цIализе,хъвазе.

 

 

 

104

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

БацIи,бецIи,цIул,цIалкIу,цIваки,цIум,цIал,мацI.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

105

БацIги  цIцIеги.

1

ЦIализе. БацIги цIцIеги.

Хех цIализе.

 

 

106

Доскаялдаса хъвазе.

 

1

Пуланаб нухдаса уна бацI.ЦIцIе семун буго.

БацIги ун буго.

БацIцIадго,гъалатI гьечIого.

 

 

 

107

БацI кквей.

1

БацI кквеялъул хIакъалъулъ цIализе.

ЦIализе тIехьалдаса.

 

 

108

Предложениял хъвазе.

 

1

ЦIорораб ицц буго.ЦIад балеб сордо букIана.Гьел

циндаго рортун ана. Гудраца бацI ккун батана.

ГъалатI гьечIого,бацIцIадго хъвазе.

 

 

 

109

П п,хIарпал ва гьаракь.

 

1

П-рагьукъаб гьаракь,пэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул. ЦIализе «Палугьан».

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

 

110

Чияр жо чияе те.

1

ЦIализе гьум.87

ЦIализе гъалатI гьечIого.

 

 

111

Берцинхъваялъул хIалтIи.

 

1

Парида нухда цо жо бихьана.Кодобе босана.

Дир кIиликI бортун буго.

Тетрадалда,доскаялда хъвазе.

 

 

 

112

ЧI чI хIарп ва гьаракь.

 

1

ЧI-рагьукъаб гьаракь,чIэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.ЦIализе «КIухIаласде кечI».

ЧI,хIарпгун цIализе.

 

 

 

113

Берцинхъваялъул хIалтIи.

 

1

ТIор,чIор,чIабар,чIер,чIоло,чIалгIин,чIалгIаде.

ЧI,хIарпгун хъвазе.

 

 

 

114

Лъимал тамашалъана.

1

ЦIализе. Лъимал тамашалъана.

ГъалатI гьнчIого цIализе.

 

 

115

ТIехьалдаса хъвазе.

 

1

ГIодор чIана.Свак чучана.Гьезда нухда батана.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

116

Чанил бурутIги бацIил тIинчIги.

1

КечI рекIехъе лъазабизе. Воре,цIале,цIале,цIале,дир цIодор.

ПасихIго ва рекIехъе.

 

 

 

117

Диктант.

1

I0-I3 рагIул диктант хъвазе.

ГъалатI гьечIого хъвазе.

 

 

118

Я лъутуге,я цIар хисе

 

1

ЦIализе гьум.92.МахIач Дахадаевасул бицизе.

ЦIарал риццизе.

 

 

 

119

Предложениял хъвазе

 

1

БукIана чанил бурутI.БацIил тIинчIги букIана.

БацIцIадго,гъалатI гьечIого.

 

 

120

Хъ хъ,хIарпал ва гьаракь.

 

1

Хъ-рагьукъаб гьаракь,хъ-хIаралъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул. «Хъабхъал»  цIализе.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

 

121

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Хъал,хъил,хъулухъ,хъарахъ,хъахIаб,хъахIилаб.

Хъ,хIарпгун хъвазе.

 

 

122

Воре,цIодорго букIа!

 

1

ЦIализе гьум.95.Кицаби,бицанкIаби.

ПасихIго цIализе.

 

 

 

123

Сураталъухъ балагьун хъвазе.

1

Предложениял хъвазе гьум.94-95.

Предложениял ургъизе.

 

 

124

Гьой тIурунищ араб.

1

ЦIализе гьум.96,бицанкIо.

ЦIализе хех.

 

 

125

Къ къ,хIарп ва гьаракь.

 

1

Къ-рагьукъаб гьаракь,къ-хIарпалъул цIар,кIудияб, гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.Лъималазул анищ.

ЦIализе,хъвазе,рекIехъе лъазабизе.

 

 

 

126

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Къасд,къад,къо,къокъа,къадако,мокъокъ.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

127

Лъималазул къокъа. КIодол жаваб.

1

ЦIализе гьум.98-99,кицаби,бицанкIаби.

Хех, гъалатI гьечIого цIализе.

 

 

128

Предложениял хъвазе.

 

1

Дунги Къадиги къватIире рахъана.Нижер бер чIвана

цо къокъаялда. Къолол бакъан буго.

 

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

129

Хь хь,хIарпал ва гьаракь.

 

1

Хь-рагьукъаб гьаракь,хь-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.Рохьор,кицаби.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

 

130

Берцинхъваялъул хIалтIи

 

1

Хьухь,рахь,хьоп,хьихьи,хьибил,хIухьай,хьин.

БацIцIадго,гъалатI гьечIого.

 

 

131

Рахьдакарщ.

1

ЦIализе гьум.I0I

Хех, битIун цIализе.

 

 

132

ТIехьалдаса хъвазе.

 

1

Хъвазе гьум.I00

 

ГъалатI гьечIого,бацIцIадго.

 

 

133

Кь кь,хIарпал ва гьаракь.

 

1

Кь-рахьукъаб гьаракь,кьэ-хIарпалъул цIар,кIудияб,

гьитIинаб,печаталъул,хъвавул. Сангар къалеб бакIалда.

ЦIализе,хъвазе.

 

 

 

134

Доскаялдаса хъвазе.

 

1

Ниж кьодасан рахана.Кьурулъа гIодоре ана.

БацIцIадго,гъалатI гьечIого.

 

 

135

Кьурдухъаби

1

ЦIализе гьум.I03

Хехго цIализе.

 

 

136

Сураталъухъ балагьун хъвазе.

1

I02-I03 гьум.балагьунхъвазе.

 

Предложениял гIуцIизе.

 

 

 

137

Гъ гъ,хIарпал ва гьаракь

 

1

Гъ-рагьукъаб гьаракь,гъэ-хIарпалъул цIар,кIудияб, гьитIинаб,печаталъул,хъвавул.Лъималазул мурад.

Хъвазе,цIализе,рекIехъе лъазабизе.

 

 

 

138

Хъвавул хIалтIи.

1

ГъанцIа,рагъ,эгъе,гъугъади,угъдул.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

139

Нужги ургъе.

1

ЦIализе гьум. I06

Къокъаб хIасил.

 

 

140

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

ТIехьалдаса хъвазе гьум.I06

БацIцIадго хъвазе.

 

 

141

Диктант.

1

Хал гьабиялъул диктант хъвазе.

ГъалатI гьечIого хъвазе.

 

 

142

Ъ,ь,ы,Ф ф,хIарпал.

 

1

Ъ,ь-гьаракь бихьизабуларо,ы-рагьараб гьаракь,

Ф-рагьукъаб гьаракь,эф-хIарпалъул цIар.

БитIун цIализе.

 

 

 

143

Хъвавул хIалтIи.

 

1

Хъвазе ъ,ь,ы,Ф ф.

 

БитIун,бацIцIадго хъвазе.

 

 

144

Наязул гара-чIвари.

1

ЦIализе гъалатI гьечIого,хехго.

ПасихIго цIализе.

 

 

145

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Масъала,съезд, телефон, футбол, гьуърул, ГIайнаъ.

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

146

Ю ю,Е е,хIарпал ва гьаркьал

 

1

Ю,е-рагьараб гьаракь,кIудияб,гьитIинаб,печаталъул,

хъвавул.Юсупги Юнусги. Кици ва бицанкIо.

ЦIализе ва хъвазе.

 

 

 

147

Берцинхъваялъул хIалтIи.

 

1

Юргъан,юргъа,Аюб,Юсуп,Юнус,самолет,вертолет.

ЦIар кIудияб хIарпалдалъун хъвазе.

 

 

148

Предложениял хъвазе.

1

КIиго на букIарабила.Юсупил эбел юкъаризе ана.

Хъвазе, цIализе гъалатI гьечIого.

 

 

149

КIодол мичIихинкIал.

1

ЦIализе пасихIго.

ХIама,вас, херав.

 

 

150

Гьале их бачIун буго.

1

Ихдалил хIакъалъулъ бицине.

ПасихIго цIализе.

 

 

151

Берцинхъваялъул хIалтIи

 

1

Абун текст хъвазе.

 

БацIцIадго,гъалатI гьечIого.

 

 

152

Хъвазе-цIализе лъала  дида.

1

Кагъат хъвазе ругьун гьаризе.

 

БацIцIадго хъвазе.

 

 

 

153

Космос мутIигI гьабурав

 

1

Космонавтазул хIакъалъулъ бицине.ЦIализе.

ТIоцевесев космонавтасул цIехезе.

 

 

154

Хъвавул хIалтIи

 

1

Доскаялда ва тетрадалда хъвазе.

 

БацIцIад,гъалатI гьечIого.

 

 

155

Маккал

 

1

Ракълил,эркенлъиялъул, гьалмагълъиялъул бицине.

Рекъел,гьудулъи.

 

 

 

156

Церги кIиго бахIриги.

1

Царал сихIирлъиялъул бицине.

Маргьаби рицине.

 

 

157

Берцинхъваялъул хIалтIи.

1

Хъвазе досакаялда риччала.

ГъалатI гьечIого, бацIцIадго.

 

 

158

ХIанчIи

 

1

ПасихIго цIализе, заманалда балагьун цIализе.

 

 

 

159

Диктант.

 

1

Халгьабиялъул диктант хъвазе.

 

ГъалатI гьечIого хъвазе.

 

 

160

Къо-мех лъикI дуе,хирияб Букварь.

1

Букваралъулгун къо-мех лъикI гьабизе .

 

РекIехъе лъазабизе.

 

 

 

161

Хъвавул хIалтIи

 

1

Предложениял хъвазе.

БацIцIадго,гъалатI гьечIого.

 

 

162-165

Такрар гьабизе

4

ЦIализе ва хъвазе,захIматал рагIаби,лъалареб малъила.

 

 

 

 

 

Просмотрено: 0%
Просмотрено: 0%
Скачать материал
Скачать материал "Рабочая программа по родному языку и литературе 1 кл"

Методические разработки к Вашему уроку:

Получите новую специальность за 2 месяца

Специалист по безопасности

Получите профессию

Экскурсовод (гид)

за 6 месяцев

Пройти курс

Рабочие листы
к вашим урокам

Скачать

Скачать материал

Найдите материал к любому уроку, указав свой предмет (категорию), класс, учебник и тему:

6 609 615 материалов в базе

Скачать материал

Другие материалы

Вам будут интересны эти курсы:

Оставьте свой комментарий

Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.

  • Скачать материал
    • 10.11.2016 2901
    • DOCX 63.1 кбайт
    • Рейтинг: 4 из 5
    • Оцените материал:
  • Настоящий материал опубликован пользователем Абдулаева Аминат Магомедовна. Инфоурок является информационным посредником и предоставляет пользователям возможность размещать на сайте методические материалы. Всю ответственность за опубликованные материалы, содержащиеся в них сведения, а также за соблюдение авторских прав несут пользователи, загрузившие материал на сайт

    Если Вы считаете, что материал нарушает авторские права либо по каким-то другим причинам должен быть удален с сайта, Вы можете оставить жалобу на материал.

    Удалить материал
  • Автор материала

    Абдулаева Аминат Магомедовна
    Абдулаева Аминат Магомедовна
    • На сайте: 8 лет и 1 месяц
    • Подписчики: 16
    • Всего просмотров: 25804
    • Всего материалов: 12

Ваша скидка на курсы

40%
Скидка для нового слушателя. Войдите на сайт, чтобы применить скидку к любому курсу
Курсы со скидкой

Курс профессиональной переподготовки

Бухгалтер

Бухгалтер

500/1000 ч.

Подать заявку О курсе

Курс повышения квалификации

Развитие предметных навыков при подготовке младших школьников к олимпиадам по математике

36 ч. — 144 ч.

от 1700 руб. от 850 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 41 человек из 15 регионов

Курс профессиональной переподготовки

Подготовка детей к школьному обучению в условиях вариативного дошкольного образования и реализации ФГОС НОО

Учитель по подготовке к школе (педагог)

300/600 ч.

от 7900 руб. от 3950 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 305 человек из 57 регионов

Курс повышения квалификации

Программа работы с неуспевающими и слабоуспевающими учащимися старшего дошкольного и младшего школьного возраста

72 ч. — 180 ч.

от 2200 руб. от 1100 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 125 человек из 39 регионов

Мини-курс

Развитие дошкольного мышления

4 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе

Мини-курс

Стратегии карьерного роста и развития

10 ч.

1180 руб. 590 руб.
Подать заявку О курсе

Мини-курс

Развитие и воспитание: ключевые навыки для родителей маленьких детей

4 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе