Урок
аварского языка "Знакомство с буквой "Л""
Хасавюрт
шагьаралъул №10 школалъул тIоцебесеб «а» класалда 25 октябралда Гусейнова
Нуцалай Магомедовналъ кьураб авар мацIалул дарсил конспект
Дарсил
тема: «Л» гьаракь ва хIарпалъулгун лъай – хъвай гьаби.
Дарсил
мурад: «Л» гьаракь – хIарпаллъулгун лъай – хъвай гьаби, рагIабазда
гъорлъа гьеб батIа гьабизе лъай ва гьебгун рагIаби ургъизе лъай.
Дарсил
алатал: къотIарал хIарпазул касса, ламадуралъул, лалуялъул суратал.
Дарсил план
I
Класс дарсиде хIадур гьаби.
II
Рокъобе кьураб дарс гьикъи.
III
ЦIияб дарс баян гьаби:
а)
суратазда тIад хIалтIи;
б)
рагIабазда гъорлъа «Л» батIа гьабизе лъай;
в)
«Л» гьаракьгун рагIаби ургъизе лъай.
IV
ЦIияб дарс щула гьаби
V
Дарсил хIасил гьаби
VI Рокъобе хIалтIи
Дарсил ин
ЦIалдохъаби
дарсиде хIадур гьари.
Учитель: РорчIами,
лъимал! ГIодорчIа!
Лъималаз
жаваб кьола: вуго, гьечIо.
Учитель: Гьанже,
лъимал, киналго берцинго гIодорги чIун, рокъобе кьураб хIалтIиялъул хал
гьабула.
Лъимал,
лъида лъалеб гьаб щибали?
(учителас
шишаялъул сурат бихьизабула), (лъималаз кверал рорхула).
Учитель: ЦIале
дуца, ПатIи.
ЦIалдохъан:
Гьеб буго шириш
Учитель: ГIодойчIа!
Шиша
абураб рагIи слогазде бикье дуца, Асма.
ЦIалдохъан:
ши-ша
Учитель: Такрар
гьабе дуца, ГIумар.
ЦIалдохъан: ши-ша
Гьеб
къагIидаялда кIиго-лъабгоязда такрар гьабизабила.
Учитель: Лъимал,
цоги лъида кIвелеб «Ш» хIарп гъорлъ бугеб рагIи ургъизе?
ЦIалдохъан:
(шагьар, школа, шириш)
Учитель: Гьел
рагIаби слогазде рикье дуца, Муъминат.
ЦIалдохъан:
Ша-гьар, шко-ла, ши-риш.
Гьеб
куцаялда 3-4да такрар гьабизабула.
Учитель: Гьанже,
лъимал, цIализе буго нужеца рокъоб лъазабураб дарс. Щиб нужеца рокъоб
лъазабураб?
ЦIалдохъан: Нижеца
рокъоб лъазабуна «Тракторист» абураб текст.
Учитель: ЦIале
дуца, Башир.
ЦIалдохъан:
«Тракторист»
Учитель: ЛъикI
буго, Башир, гIодовчIа. Лъимал, Муса щив кколев?
ЦIалдохъан:
Муса ккола тракторист (Тракторист абураб рагIул магIна гьезда цебего баян
гьабула.
Учитель: Мусса
исана кин хIалтIарав, векьарарав?
ЦIалдокъан:
Муса исана гIемер векьарана. (Гьеб формаялда 2-3 ял рахъинарила.
Учитель: Гьаина,
лъимал, тIехь гьечIого, суалазе жаваб кьезе хIадурлъе, тIахьалги къан.
Мусса щив кколев?
Абе
дуца, Аминат.
ЦIалдохъан:
Мусса кола тракторист.
Гьеб
формаялда лъималаздаса ритIарал жавабал ва материал гъваридго такрар гьабила.
Учитель: Лъимал,
нуж кин хIалтIизе ругел?
ЦIалдохъан:
Ниж гIемер ва лъикI хIалтIизе руго.
(Учителас
статьялъул тарбия кьеялъул мурад баян гьабула, цIалуда лъикIго хурхинабун).
ЦIияб
дарсил баян.
Учитель: Жакъа,
лъимал, нилъеца лъазабизе буго цIияб хIарп, рагIи. Киналго гьанире балагьея,
гьаб сураталъухъ (Сурат бихьизабила ламадуралъул).
Щиб
гьаб? Абея дуца, Даци.
ЦIалдохъан: Гьеб
буго ламадур.
Учитель:
Нуж гIинтIамун чIа.
Дица
кьураб суалазде жаваб кьезе хIадур чIа «Гьаб ламадур буго школалъул
огородалдаса дица нужеда бихьизабизе босараб жо (Учителасухъ букIина цо
хIакъикъияб ламадур. Нилъер
школалъул
огородалда рижула батIи-батIиял овощал. Ламадур гIадамасул чорхое пайда бугеб
овощлъун ккола.
Учитель: Ламадур
киб бижун букIараб?
ЦIалдохъан:
Гьеб ламадур школалъул огородалда бижун букIана.
Учитель: ГIадамасул
чорхое гьелъул пайда бугищ?
ЦIалдохъан: Ламадуралъул
гIадамасул чорхое пайда буго. (Гьеб формаялда хутIараб бутIаги суалазде биххила
ритIарал жавабал тIалаб гьарила).
Учитель: Нахъеги
бихьизабизин, щиб гьаб?
ЦIалдохъан:
Гьеб ккола ламадур.
Учитель: Чан
рагIи дуца абураб?
ЦIалдохъан: Лъабго
рагIи абуна.
Учитель: ТIоцебесеб
рагIи щиб?
ЦIалдохъан:
Гьеб
Учитель: КIиабилеб
рагIи щиб?
ЦIалдохъан:
Ккола.
Учитель: Лъабабилеб
рагIи щиб?
ЦIалдохъан:
Ламадур.
Учитель: Кинацаго
цадахъ абе «ламадур»
ЦIалдохъаби:
Ламадур!
Учитель: Бикье
гьеб рагIи слогазде дуца, Даци.
ЦIалдохъан:
Ла-ма-дур
Учитель: Бикье
гьеб рагIи киназго цадахъ (хоралдалъун) слогазде.
ЦIалдохъан: Ла-ма-дур
Учитель: Кинаб
цIияб гьаракь бугеб гьеб рагIулъ?
ЦIалдохъан:
Гьеб рагIулъ цIияб гьаракь буго «Л»
Учитель: Гьале,
лъимал «Л» хIарп (къотIарал) хIарпаздаса гьоркьоса «Л» хIарп бихьизабула).
Такрар
гьабея дуца, Муслим (хадуб хоралдалъун такрар гьабизабила).
Учитель: Гьеб
хIарп буго «Л»
Учитель: Балагьея,
лъимал, щиб гьаб? (лемагалъул сурат бихьизабула).
ЦIалдохъан: Гьеб
буго лемаг.
Учитель: ЦIияб
гьаракь бугищ гьеб рагIулъ?
ЦIалдохъан: Лемаг
абураб рагIулъ цо цIияб гьаракь буго «Л».
Учитель: Гьанже,
лъимал, нилъеца гIуцIила «Ламадур» абураб рагIи ва гьеб цIалила.
ЦIалдохъан:
ЦIализабила (цоясда ва хоралда).
Учитель: Биххе
гьеб рагIи слогазде, хIарпазде ва цIияб хIарпги бихьизабила. Мун яхъа
бихьизабе, Асма.
ЦIалдохъан:
Гьале цIияб хIарп «Л»
Учитель: Гьанже,
лъимал, нужеца нужер къотIарал хIарпазулъ бате «Л» хIарп ва киназго дида
бихьизабе.
ЦIалдохъан:
Гьале «Л» хIарп (лъималаз бихьизабула).
Учитель: Гьанже
нужеца къотIарал хIарпазулъ рате цогидал хIарпал ва гIуцIе ламадур абураб
рагIи, лалу, лемаг ва гь.ц. (цIалдохъабаз гIуцIила учителас хал гьабула).
Азбукаялдасан
цIали
Учитель: Гьанже
лъимал, тIахьадасан цIализе буго. Рагье тIахьал, гьумер 16. Цояс цIализе буго,
цогидаз тIахьазде тIадеги ралагьун, цIале.
Учитель: ЦIале
дуца, Тамара.
ЦIалдохъан: Школа.
Учитель: (Учителас
школаялъул мина бихьизабула). Лъимал гьаб щиб?
ЦIалдохъан:
Гьеб буго школа. Хоралда абула.
Учитель: Лъимал,
гьанже нужеца гьеб рагIи слогазде бикье.
ЦIалдохъан:
Шко-ла.
Учитель: Гьаркьазде
бикье. Ш-к-о-л-а.
(Гьедин
цогидазги цIалила).
Учитель: Гьанже
цIализе буго предложение.
Учитель: ЦIале,
ясай!
ЦIалдохъан:
Школалъ лъималазе лъай кьола.
Учитель: Школалъ
щиб кьолеб?
ЦIалдохъан:
Школалъ лъай кьола?
Учитель: Школалъ
лъие лъай кьолеб?
ЦIалдохъан:
Школалъ лъималазе лъай кьола.
ЦIияб
дарс щула гьаби
Учителас баян гьабула:
школалде цIализе рачIаралщиназе школалъ лъай кьолеблъи, лъай хвел гьечIеб
хазина букIин лъай).
Учитель: ЦIияб
хIарп бугищ гьеб рагIулъ?
ЦIалдохъан: Гьеб
рагIулъ цIияб хIарп буго «Л»
(Гьединан
цIалила хутIарал предложениял)
Ахиралда
цоясда тIубанго цIализабула ва бицинабула.
Дарсида
лъикIаб гIахьаллъи гьабуразе къиматал лъела ва гьезие баян кьела.
Дарсил
хIасил гьаби.
Учитель:
Жакъа нилъеда дарсида кинаб гьаракь-хIарп лъараб?
ЦIалдохъан: Жакъа
нижеда дарсида лъана «Л» хIарп ва гьебгун рагIабиги цIализе лъана.
Рокъобе
хIалтIи.
Учитель: 16
гьумералдасан цIализе. Суратазде балагьун хабар гIуцIизе ва бицине хIадур
гьабизе.
Учитель: Абея
щиб нижеца метералде лъазабизе кколеб?
ЦIалдохъан:
ЦIалдохъабаз такрар гьабула.
Учитель: Дарс
лъугIана, инее бегьула.
Учителас
лъималазулгун къомех лъикI гьабула.
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.