.
Г1адатияб гуреб дарс .
Тема : « Предметияб ц1ар »
Дарсил мурад: 1)предметияб ц1ар
такрар гьаби;
2)калам г1уц1изе
ругьун гьари ва
ц1алдохъабазул г1акълу ц1убазаби;
3)рахьдал мац1алде, Ват1аналде рокьи
куцай;
Дарсил алатал: понц1ераби, компьютер, эмблемаби,
карточкаби.
Дарсил ин.
I.
Дарсил байбихьи.
1.Шамил Ханакаевасул «Салам»
кеч1алъухъ г1енеккулаго, байбихьила дарс.
2.Муг1алим: Ассаламу г1алайкум аваразул
миллат-мац1,
Адаб кьоч1ое
бугеб, ахир рокьуе гьеч1еб.
3.Ц1алдохъаби:Чан г1асрабаз абураб
Г1адамаца
гьаб раг1и.
Чан
г1елазда раг1араб
Г1агараб
гьеб цо калам.
Муг1рул т1огьол мах1 бугеб,
Т1ок1араб лъел кьер бугеб,
Кьурул борхалъи бугеб,
К1к1алал гъварилъи бугеб,
Гъорлъ
адабги,х1урматги,
Х1еренлъиги
г1емераб
Г1емерал
миллатазда
Мац1 лъач1ого
бич1ч1улеб.
Божилъиги, рокьиги
Рек1елъ бугеб хиялги
Халкъалъул гьудуллъиги
Гьуршун баян гьабулеб.
Гьимулаго
гьумергун,
Гьоболас вач1ун
кьолеб,
Вач1арасе
т1оцебе
Харбие кьуч1
т1амулеб.
Т1олго вацлъиялъего
Умумуз ирслъун тараб
Кьолеб буго нужое
Маг1на гъваридаб Салам .(
киназго цадахъ)
Лъик1 щварал
маг1арулал
Авар мац1алъул
гъасде
Лъик1 рач1арал
ракьцоял
Бокьулеб гьаб
сверуде.
Салам гьалбадериде
Гор сверуде рач1арал
Умумузул г1адатги
Г1амалги чорхолъ бугел.
Муг1алим: -Лъимал, жакъа нилъер буго
г1адатияб гуреб дарс. Дарс-х1ай. Жакъасеб дарсил тема лъазе ккани, гьаб
бицанк1оялъе жаваб батизе ккола.
К1алъалареб, билълъунареб,
Г1ин гуреб, квер гуреб,
Г1адамасда малъарулеб. (т1ехь)
-Лъимал, кинаб суалалъе жаваблъун
бач1унеб гьаб раг1и?
-Щиб гьелъ бихьизабулеб? (предмет)
-Кинаб каламалъул бут1аялъ предмет
бихьизабулеб ва щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъун бач1унеб?
(предметияб ц1ар)
Дарсил тема ва мурад баян гьаби.
Гьаб дарсида жиделъ бугеб пагьму, гьунар,
ц1алуде бугеб гъира ва г1агараб маг1арул мац1алде бугеб рокьи бихьизабизе
бокьун буго гьаб к1иябго къокъаялъе.
(Командабазулгун лъай-хъвай
гьаби)
1.«Милъиршаби»
2. «Къункъраби»
Девиз: Девиз:
«Гьит1инго босараб лъай-
«Гьит1инго гьабураб ц1али-
т1огьолъ гьабураб гьоц1о» ганч1ида бик1араб
накъиш»
1. Командабазул
дандч1вай.
«Милъиршаби» «Къункъраби»
Салам
гьудулзабазде, Ваг1алайкум салам,
Пагьму ц1акъал васазде,
Сах таял васал-ясал,
Ц1алдезе гьунар
бугел, Сси бугеб командалъун
Гьал ц1одорал ясазде.
Куцарал ц1алдохъаби.
Баркала х1инкъич1ого
Кинал нилъ ц1акъалали
Къец нижергун баралъухъ,
Ц1адирабаз бицина,
Бергьиналде къасдги лъун,
Бергьиналде хьул лъейги
Къеркьезе рач1аралъухъ.
Лъик1аб рахъ буго нужер.
2. « Суалал-жавабал»
1. Кинабниги чан каламалъул бут1а бугеб
авар мац1алда?
2.Предметияб ц1аралъе баян кье?
3.Кинал предметиял ц1аразул падежазде
сверулаго, - дери- абураб падежияб суффикс бач1унеб?
4.Кинал предметиял ц1аразул г1емерлъул
форма бук1унареб?
5. Лексика сунда абулеб?
6.-хъан, -ро, -чи суффиксал т1аде журан
ц1иял раг1аби лъугьинаре.
7.Кинаб каламалъул бут1агун рекъон ккун
бук1унеб предметияб
ц1ар жинсалъулъ ва формаялъулъ?
8. Киб? Кибе? Кисан? абурал суалазе
жаваблъун рач1унел предметиял ц1араз щиб бихьизабулеб?
9.Кинабниги авар мац1алда чан падеж бугеб?
10.Гъут1би абураб раг1и г1адатал
падежазда сверизабе.
3. «Ниж ралагье»
Предметиял ц1арал
ратизе ва падеж бихьизабизе.
Милъиршаби
Заманалъ г1адамазе
Г1емерал дарсал ц1алула,
Г1акълаби данде рехани,
Бахчарабги загьирлъула.
Къункъраби
Гьуинаб раг1и бицани,
Г1адамасул рак1
батула,
Рак1ги кверги
г1ат1идасул
Г1умру берцинаб
бук1уна.
4. «Бищун
хехав?»
Милъиршаби Къункъраби
5. « Раг1абазулги
раг1аби лъугьинари».
Мац1-
гъал-
Азбар-
бахча-
Торг1о-
къулг1а-
Устар-
суал-
6. Капитаназе
т1адкъай
Кьолеб буго 7 х1арп г, с,л,т1,а,у,и.
Гьезда гьоркьоса данде кколел х1арпалги
росун, предметиял ц1арал г1уц1е.
Сали,т1ил,т1ат1и,т1ут1,гали,т1ил,Салт1а,сас,гул,т1ул,си……
7.«Лъида ц1ик1к1ун лъалел?»
1. Журарал предметиял ц1арал.
2.фразеологиял сверелал.
8. Понц1ерабазда жанир ругел т1адкъаял
т1урай.
1.«П» х1арп цебе хъвараб дун 2. «Х»
цебе хъван хадуса
Кваназеги бегьула,
Хирияб дун боц1уе,
Амма к1ал-мац1 бух1ула,
Хасалоде бук1ине
Бадиб маг1у хулула. Дир
нахърател гьабула.
Гьал раг1аби бут1абазде риххе.
3.Ахихъанлъи
4. Кьурдухъанас
9. Ц1адаса
Х1амзатихъ гьоболлъухъ
Исана 140 сон т1убала Дагъистаналъул халкъияв шаг1ир
Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса. Г1емерисел гьесул асарал руго нилъее
г1умруялъе насих1атлъун Х1амзатил творчество буго нилъее рух1ияб хазиналъун.
Х1амзатил г1умруялда хурхарал гьал суалазе жавабал
кьезе х1адурлъе, лъимал.
1.Чанабилеб соналъ ва кинаб хъизаналда гьавурав
Х1амзат?
2.Эмен хвараб мехалъ чан сон Х1амзатие бук1араб?
3.Кида байбихьараб гьес асарал хъвазе?
4.Кинал куч1дул нужеда лъалел Х1амзатил?
5.Куч1дул гурого цоги щал хъвалел рук1арал Х1амзатица?
6. Г1адамазулъ рекъеч1еб кинаб г1амал- хасият гьес
какулеб бугеб?
7. «Г1умруялъул дарсал» рек1ехъе рицине.
«Ахир гьаби».
Кицаби ва абиял рик1к1уна халкъияб
к1алзул гьунаралъул жавгьараллъун.Гьел руго азариял соназ халкъалъе щвараб
х1албихьиги, г1акълуги, ц1одорлъиги жаниб сок1к1араб гъамас. Дица байбихьи
гьабила нужеца
лъуг1изе гьабе.
«Милъиршаби»
§ Ват1ан гьеч1ев
чи-чед гьеч1еб таргьа.
§ Бах1арчияс бадибе
абула, х1алихьат нахъасан к1алъала.
§ Басриябги ц1уне,
ц1иябги лъай.
§ Зах1мат
бихьич1ого рах1ат бокьарас,бекьич1ого лъилъе нилъ гьеч1ого хур.
«Къункъраби»
§ Нилъер улка-эбел,
чияр улка-бесдал эбел.
§ Бах1арчияс къо
х1ехьола, х1алихьатас мугъ рехула.
§ Вач1инеги лъай, инеги лъай.
§ Раг1ул
квешлъи-халалъи, харбил квешлъи-г1емерлъи.
Дарсил х1асил
гьаби
-Кинаб каламалъул бут1а
жакъа нилъеца такрар гьабураб?
-Кинаб т1адкъай нужее
бищунго рек1ее г1ураб?
-Кинаб зах1малъараб?
Лъималазул ц1ваби
малъила. Бергьараб къокъаялда баркила. Къиматал лъела.
Муг1алим: Хириял
ц1алдохъаби!
Маг1арулаз абула: «Дир
наслуялда эбелалъул мац1 к1очараб къо бач1унгеги». Мац1 гьеч1они-гьеч1о
миллат. Мац1 ккола халкъалъул рух1ияб бечелъи.
Ц1уне,
ц1алдохъаби,г1агараб маг1арул мац1.
Рокъобе х1алт1и.
Предметияб ц1ар такрар
гьаби.
Гьит1инабго сочинение
хъвазе «Г1агараб маг1арул мац1»
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.