Инфоурок Родная литература Другие методич. материалыМузыкально – литературная композиция, посвященное 95 – летию заслуженного учителя родного языка литературы РСФСР М. А. Абдулаева

Музыкально – литературная композиция, посвященное 95 – летию заслуженного учителя родного языка литературы РСФСР М. А. Абдулаева

Скачать материал

Министерство образования и науки РД

МКОУ «Комсомольская СОШ»

Кизилюртовский район

                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                        

 

Музыкально – литературная композиция  посвященное,  95 – летию заслуженного учителя родного языка и литературы

М. А. Абдулаева

IMG-20200610-WA0020 (1).jpg

 

Подготовила: учитель родного языка и литературы

МКОУ «Комсомольская СОШ» Кизилюртовского района

Асадулаева Марзият Магомедовна

 

05.12.2019год

 

Цебераг1и.

Жакъасеб данделъи буго ,мунагьал  чураяв,  Мух1амад   Г1абдулаевичасул  юбилеялда хурхун, гьев  рак1алде щвезелъун,  гьабулеб.  Исана,  7 ноябралда  т1убалаан  гьес  95  сон. Гьеб  байбихьилалде цебе  бокьун  буго,  нилъер  г1олохъанав  Мух1амадх1ажица дуг1а  гьабизе  гьесул  рух1алъе. (М.Мухумаевичас  дуг1а  гьабизе).

Мух1амад  Г1абдулаевич  гьавуна  1924  соналъул  7  ноябралъ  Ц1умада  районалъул  Лъондода   росулъ.1940  соналъ 16  сон  барав  Мух1амад  х1алт1ула учительлъун  К1ванада  росулъ.  Доб  заманалда  лъай бугел  чаг1и  г1оларого,  7 класс лъуг1аралги  рит1улел рук1ун  руго  учительлъун  х1алт1изе.  42 – 45  соназда  х1алт1ула  байбихьул классазул  завучлъун.  Рагъде  гьев  вачунаро,  гьавулаго  г1айибаб бук1ана  гьесул бох.  45  соналъ лъугьуна  Буйнакскиялъул  педучилищеялде,  гьеб  лъуг1ула  48 -  абилеб соналъ. 1950 соналъ лъугьуна филологияб факультеталде Дагъистаналъул учительзабазул  институталде. Гьесие  щолаан  Кировасул  ц1аралда  бугеб стипендияги. Гьевгун  ц1алулев  вук1уна  Дагъистаналъул  х1укуматалъул  вук1арав  председатель  Мух1амадов   Мух1амадг1али  Мух1амадович.

1952  соналъ,  институт  лъуг1идал,  гьев  вит1ула  авар  мац1алъул  ва адабияталъул  учительлъун  Буйнакскиялъул  руччабазул   педучилищеялде. Гьесул  т1адч1еялдалъун,  экзаменал   росизе  муг1рузул  районазде   унаан. Г1емераб  х1алт1и  гьабуна  гьес  улбуз   ясал  ц1ализе рит1изелъун.  Гьедин  25  соналъ  х1алт1ана  гьев   Буйнакскиялда  ва  Избербашалда.

1964 соналъ  гьес  заочно  лъуг1изабула  Дагъистаналъул  Пачалихъияб  университет. Буйнакскиялда ракь багъарун  хадуб гьев гочуна Гъизилюрт районалъул  Комсомольское  росулъе. Чанго соналъ  х1алт1ана  директорасул заместительлъун.  Ахирал  соназ  авар  мац1алъул  муг1алимлъун.  1966 соналъ  гьесие  кьуна  «Заслуженный  учитель  ДАССР»  абураб  ц1ар.  1983  соналъ  «Заслуженный  учитель   РСФСР»абурабги. Гьесул  руго   рик1к1ен  г1емерал  шапакъатал. Авар  мац1алъе  г1оло  г1умру  кьурав  чи  ккола  Мух1амад  Г1абдулаевич.

Гьесул  г1елмиял  х1алт1абазул  сиях1 халатаб  буго:

1.     М.Г1абдулаев, М.И. Микаилов   «Методика  аварского  языка  для  начальных  классов»;

2.     Я. Сулиманов,  М.  Абдулаев  «Авар  мац1» педучилищеялъе  хъвараб.

3.     Педучилищеялъе  авар  мац1алъул  программа;

4.     М.Г1абдулаев,  Г.И. Мадиева  3 классалъе   «Авар  мац1»

5.     М.Г1абдулаев,  П.  Каримулаева  3 классалъе  «Эркенаб  заманалда  ц1алиялъул  т1ехь»;

6.     М.  Г1абдулаев,  М. Муртазалиев  5  классалъе  «Авар  мац1»

7.     Методическое  пособие  для  изучения  аварского  языка   2  класс;

8.     Методическое  пособие  для  изучения  аварского  языка   1  класс;

9.      М.Г1абдулаев,  Г.И. Мадиева    «Авар  мац1»

10. Лъималазе «Меседил   мугьал»  абураб  т1ехь.

Х1алт1ул, г1елмуялъул  гуребги,  гьес  жиндирго   гьес  жиндирго  лъималги  г1езаруна  тарбия  щварал, ях1бугел  г1адамаллъун.

1.Яс,  Г1абдулаева  Х1абсат,  биологиялъул  учитель нижер  школалъул;

2. Яс, Г1абдулаева  Пат1ина,  учитель – логопед,  Гъизилюрт  шагьаралда;

3.  Вас   Г1абдулаев  Г1абдула,  инженер- механик, исана  х1еж борхарав.

Гьесул  ц1ар  кьун  буго  росдал  цо  къват1алъе.Дие  бокьилаан  гьал  раг1аби  абизе  коч1одалъун:

Кинабго  рахъалъ  бажари  бугев  инсан  вук1ана  гьев.  Гьес  хъвалаан  куч1дулги.  Нилъее  лъималаз  ц1алила  ва ах1ила  гьел.  Раг1и  ц1алдохъабазе:

1.     Ведущий.  Жиндирго  х1акъалъулъ  Мух1амад  Г1абдулаевичасул пикраби.

Живгомихъ  г1адинав

Михъал кьурарав

Цо михъич  вук1арав

К1алъай берцинав

Рек1ел  ч1ор бит1арав

Бохдул  гьет1арав

Цо рекъуч  вук1арав

Хабар  гьуинав.

Рос-лъадуда  гьоркьоб

Кьал ккун хадуса

Щайт1аби  хъамулев

Хъумур  вук1арав.

Рак1ал  къваридазе

Рек1елгъеялъе

Махсаро г1емерав 

Г1адан  вук1арав

Г1арза- анонимка

Тушман лъун  ккурав

Адабияталъул

Аят  вук1арав.

Хъизан-лъималазе

Лъалел  чаг1азе

Лъаялде  нух лъурав

Т1алиб вук1арав

Муг1алимзабазда

Г1елму малъарав

Маг1арул  мац1алъул

Устар  вук1арав.

Г1исин  лъималазе

Тарбия  кьезе,

Т1ахьал  х1адурарав

Г1алим  вук1арав

Жиндий  бокьулареб

Чидай  гьабич1ев

Къват1ул  хабаралъул

Тушман  вук1арав.

Ч1ух1-къулиялда

Рак1  рекъоларев

Г1амал  г1адатияв

Инсан  вук1арав

Бесдаллъун  хут1арав

Хераз хьихьарав

Лъондода  гьавурав

Инсан  вук1арав.

 

2  ведущий

Т1аде  щвараб  херлъиялъул  х1акъалъулъ пикраби.

Раг1ул  бег1ерлъи  хвараб

Х1алт1ул  камиллъи  гьеч1еб

Щибаб  лага  судулеб

Щвана  замана т1аде.

Т1омолъ  черх  г1ат1илъараб

Чохьол  г1амал  хисараб

Г1ундуз, бераз  мугъ бараб

Бач1ана  заман  т1аде.

Лугбазул  кьер  хисараб

Расул  сипат  сверараб

Цабзаз  бусен  хисараб

Г1унт1ана  т1аде  заман.

Гьалда  щукру  гьабила

Рак1разиго  вук1ина

Киназухъего  щолеб

Херлъи  бугилан  тела.

 

1        ведущий

Учителасул  х1алт1ул  къимат  бугев, гьеб  х1алт1и  лъик1ине  х1аракатги  бахъулев  чи вук1ана  Мух1амад   Г1абдулаевич.  Дарсал хвезе  гьесие  ц1акъ  бокьулараб  бук1ун  буго махсаро  х1исабалда  хъвараб  «Дарсил  г1арза»  коч1олъ  загьирлъула   гьеб:

 

Дарсил  г1арза

Ле  г1адамал, нужеца  дие  кьолеб  г1азаб  щиб?

Щибизе  дун  т1ут1улеб  т1аделъун  кинацаго,

Тарбияги  лъайги  кьей,    дир т1адаб иш  бук1ана.

Дир  къимат  мукъсанлъизе, дида  ккараб г1айиб  щиб?

Азарилал  сонаца  цо  х1алалда  х1алт1анин,

Гьанже къот1-къот1улеб щай,  къвариг1елго  гьеч1ого.

Школалъул  аслулъун  дарсин  рук1унаан  нуж,

Дир  кьуч1биххулеб  алат  демократийищ  кколеб?

Вач1ун  Надирбегица  анц1го  минут  къот1ана.

«Эксперимент» гьабилан коллектив  разилъана.

Гьебали  гьедин  телин, гьанже  г1инт1амун  бихье.

Дунг1ан  къадру  гьеч1еб  жо  школалда  бугищан!

Щибаб  шамат  къоялда,  къецал т1орит1улаго,

Т1адал дарсалги  рехун, ун  ратула  ц1алдолел.

Цаби-г1усазул  тохтур,  киналго  халг1атчаг1и

Малаца  нуц1а  рагьун,  лъугьун  рач1уна  жанир.

Дарсил  ургъел  гьазий  щай, гьазул  план  т1убани,

Т1убараб саг1аталъги  унаро  дарсидаса.

Учком,  комсомолилан  цо-цоялккун  ах1ула,

Классрукацаги  рач1ун,  лъабго-ункъгоял  уна.

Х1алт1изе  х1ажалъани,  директорас рачуна,

Расулица,  Г1исаца х1ажалъи кканщинахъе

«Же, гьа» йилан ах1ула.

Гьобол-гьудул вач1ине заман  т1аде  г1унт1ани,

Уборкайилан  абун  лъазабула  завучалъ.

Щибаб  къоялъ  рач1унел  дежурнаби  рук1уна

Камурал,  кват1аразул сиях1ал  х1адурулел.

Учителасда  божун,  тезе бегьулареб  куц-

Гьоркьо-гьоркьов  директор  танкан  жанив  лъугьуна.

Ц1алдохъаби  ц1алдезе нужей  бокьун  батани,

Те  нужеца  Дун  жибго,гьабуге  дие  г1азаб.

Г1арзалде  г1инт1амулев  чи  нужер  ватич1они,

Министрасухъе  ина,  бугеб  къварилъи  бицун.

2.      ведущий.

Ц1ияб  бач1унеб соналде Мух1амад  Г1абдулаевичас  гьара-рахьи  гьабураб кеч1  ах1ила Мадина  Г1абдулаевалъ:

Я рабби,  я  Аллагь,  мун  т1адег1анав

Т1аде  бач1унеб сон  гьабе,  бет1ергьан,

Баракат  г1емераб,  рах1мат  ц1ик1к1араб,

Балагьал,  мунагьал  т1аса  росараб.

 

Унта-щокълъиялъул  ц1ар  к1очон тараб,

Рекъелги  зах1матги  цоцалъ  бессараб,

Жах1да – х1усудалъул  кьалбал  ракъвараб,

Хъизан  - лъималазул  раг1и  дандккараб.

 

Мац1ги  ц1огьги  ц1орон,  гьерсал  лъуг1араб,

Г1елму – г1акълуялъе, ислам-диналъе

Анкьабго  рахъалъан  рагьу  рагьараб,

Ях1-намус  ц1ик1к1араб,  адаб – нич теч1еб.

 

Т1олабго  г1аламго  г1орц1изабураб,

Дур  ц1об  г1ат1илъараб,  халкъго  бохараб,

Кьалул  харил  кьалбал  ракьулъ  ракъвараб

Гьабеха,  Бет1ергьан,  гьаб  бач1унеб  сон.

 

1        ведущий

Махсара  г1емерав,  жиндирго  лъималазеги тарбия жиндирго мисалалдалъун  кьолев  чи  вук1ун  вуго  Г1абдулагьил Мух1амад.  Жиндирго  яс -  Х1абсатие  жаваб гьабун хъвараб  кеч1:

Къойил диргун бугеб

Даг1ба  кинаб дур?

Г1анк1аби,  чахъаби

Щай  хьихьулилан.

Г1иял  бокьоб бугеб

 Мах1бокьула  дий

Одеколоналъул  мах1алдасаги.

Кино-театралъ

Тату  кьеларо

Кьаг1азул  гъадиялъ

Гъезабула  рак1.

Дица   ч1араб  гъот1ол 

Пихъги  гьуинаб

Хьихьун  г1ураб  кьаг1рил

Гьанги  т1аг1амаб

Дие  бакьан гуро

Кьижараб  г1умру

Х1алт1иги  х1алхьиги 

Бокьула  дие.

 

2        ведущий

Живго  г1ат1иракьалда  г1умру  гьабулев вугониги, кидаго  к1очонароан  гьесда  живго  гьавураб, г1ураб  г1агараб  росу.

 

Ват1ан  цоял, ракьцоял,

Х1урматиял  г1агарал,

Нужер  какъат  ц1алана

Рек1ел  мурад  бич1ч1ана.

Аза-азар  баркала

Дун  рак1алде  щваралъухъ.

Дир  урхъараб  саламги

Сахлъи  мурад  бук1инги.

 

Бице  жамаг1аталда,

Диргун  г1ел  бащадазда,

Росдал  г1олохъабазда,

Г1исинал  лъималазда.

Г1адан  гьоркьов  теч1ого,

Т1олго уматалдаго.

Росдал  щибаб гамач1цин

Дир  рек1елъа  унаро.

 

Росдаде  бугеб  рокьи

Борцине х1ал к1оларо.

Гьениве   апараглъун

Къисматалъ  вачаниги.

 

Макьилъцин  росдал  сурат

Цебеса  т1аг1унаро.

Лъимерлъун  к1ивик1араб

Г1олохъанлъи  нахътараб.

 

Лъондода  г1адинаб  бак1

Дида  кибго  батич1о.

Гьеб  Олала  майданги

Щеберкъват1ала  рукъги.

 

Дир рек1елъа  бикъизе

Лъилго  къуват г1оларо.

Дун  г1олохъанаб  мехалъ,

Г1адамазе, росдае

К1вараб  кумек  гьабуна.

Учительзабазул  бо

Дица  гурищ  биччараб?

Школалда  цебе ахги

Гьикъе, лъица  г1уц1араб?

 

1        ведущий

Жиндирго  хъизан  хведал, ц1акъ  рак1бекун  вук1ана  гьев.

Гьелдаса  хадув  г1емер заман бач1о  гьев  къадаралде  щвезе.  Хъизан  Зайнаб  хведал, гьабураб  кеч1.

                     «Къисмат».

Г1аданир  беразул маг1у  къунарел,

Къоял  рач1ун  руго  мискинав  диде.

Каранда  рух1алил  х1ухьел  буччарал,

Чара  хварал  сардал  рещт1ана  къавулъ.

 

Икъбалалъ  къвал  барал  къоял лъуг1ундай

Къоги  сордолъана  дир  къисматалъе.

Дир  берзул  т1елхазда  пири  пирхана

Хириялъул  чорхол  шури  къот1идал.

Т1ул-рак1алда  жаниб зобал  гъугъана,

Зайнабил  черхалда  мусру  жемидал.

Гьанже  дун  г1одунан  г1айиб  гьабуге,

Дир  рукъалъул  аллагь,  ана дунги  тун.

Бет1ер  далун  бугин,  гурх1уге  дида.

Дицаго  баччила  бичасул  къадар.

Дида  лъалел  ана, дун  лъалел  ана

Авлахъалда  гъвет1лъун  янгъиз  хут1ана.

Баккула,  т1ерхьуна  зодил  баг1арбакъ

Сон  г1адаб  гвангъараб гьеч1о  жакъа гьеб.

Рач1уна,  рогьуна  ч1ег1ерал  сардал,

Ч1ег1ерлъана  дие  гьанже  дуниял.

Дур  баркатаб  квералъ  ккун  вук1арав  дун,

Кинандай  вук1ина  мунги  гьеч1ого.

Жагъалал  гьал  бохал, херлъараб  дир  черх

Лъида божун  тарав талих1  къарав  дун.

Дир   анищ  бук1ана  дунги  т1овит1ун,

Мун  хадуй  яч1инин доб  дунялалде.

Лъие,лъие  щвараб  бокьарабщинаб

Мун  г1едег1ун  ана, дунго  хут1ана.

Къват1иве  вахъине  дир  къуват  гьеч1о,

Тана талих1алъ дун , лъик1го вук1аян.

Рокъове  лъугьине  х1инкъулев  вуго,

Х1икматал  дур  берал  гьеч1о  ралагьун.

Икъбалалъ  къвал  барал  къоял  лъуг1ундай,

Къоял  сордолъана  дир  къисматалъе.

Аллагьасул  къот1и  т1адбуссунаро,

Сабру – сабру – сабру – сабаб   гьеб  буго.

 

2        ведущий

Нилъее  насих1атлъун  хут1ана  М.Г1абдулаевичасул  гьал  раг1аби:

 

Мунго  дуего  г1ун,  г1амал  к1одолъун,

Г1адамал  т1ут1аллъун  рихьуге  дуда.

К1вараб  кумек  гьабе,рит1ухълъи  ц1уне,

Адабияталъул   чирахълъун  вук1а.

 

1 ведущий

Дуй  лагълъи   гьабизе  рижарал  гьеч1ин

Г1адлу  бащад  гьабе, дуйги   чияйги.

Гьанивго  вук1ине, виччарав гьеч1ин,

Гьоболлъун  вук1аго, берцинго  хьваде.

Кьурдул  номер.

Жакъа  нилъехъе   гьоболлъухъ  рач1ун  руго  Мух1амад  Г1абдулаевичасул рук1арал  ц1алдохъаби,  гьанже  ц1ар  раг1арал  муг1алимзаби.  Кьелин  гьезие  раг1и:

1.     Ленинкент  росдал №35 школалъул   директор  Чакар  Меджидовна.

2.     Дубки  поселокалъул   школалъул  муг1алим   Хадижат  Ярагиевна.

3.     Нижер   школалда г1емерал  соназ  завучлъун  х1алт1арав ,хадув  Стальское  росдал   школалъул   директорлъун  вук1арав  Джабраил Хазумович.

4.     Туноялъул  авар  мац1алъул  методист  Мирзабекова  Нуцалай.

5.     Мух1амад  Г1абдулаевичгун  чанго  соналъ  цадахъ х1алт1арай, ц1акъ гьес   адаб  гьабулей  йик1арай, гьанже  школалъул  завучлъун  йигей авар  мац1алъул  муг1алим  Каримулаева П.Н.

6.     Тахо- Годил  ц1аралда  бугеб  г1елмияб ц1ех- рехалъул   институталъул г1елмияв  х1алт1ухъан, авар  мац1алъул  ва учительзабазе хъварал методикиял  т1ахьазул  автор Вакилов  Х1айбула.

7.     Авар  мац1алъул  Ассоциациялъул  председатель,  «Маг1арулай»  журналалъул  бет1ерай  редактор  Мух1идинова  Б.Ш.

Мух1амад  Г1абдулаевичасул  бицине  нилъее  къоги  г1оларо.  Гьесул хъвай-хъваг1аял,  т1ахьал,куч1дул нилъее   ирсалъе  хут1ана.  Гьесул  малъиялда, гьесул  нухдасан  хьвадизе  х1аракат  бахъула  нижецаги - авар  мац1алъул  муг1алимзабаз.  Гьедин  нилъерго  миллатги  бокьулел,  мац1ги  бокьулел,  гьеб цебет1езе  к1варги  кьурал  чаг1и  нилъеда  к1очене бегьуларо.

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Просмотрено: 0%
Просмотрено: 0%
Скачать материал
Скачать материал "Музыкально – литературная композиция, посвященное 95 – летию заслуженного учителя родного языка литературы РСФСР М. А. Абдулаева"

Методические разработки к Вашему уроку:

Получите новую специальность за 3 месяца

Специалист по кредитованию

Получите профессию

Няня

за 6 месяцев

Пройти курс

Рабочие листы
к вашим урокам

Скачать

Скачать материал

Найдите материал к любому уроку, указав свой предмет (категорию), класс, учебник и тему:

6 669 301 материал в базе

Скачать материал

Другие материалы

Вам будут интересны эти курсы:

Оставьте свой комментарий

Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.

  • Скачать материал
    • 15.06.2020 234
    • DOCX 196 кбайт
    • Оцените материал:
  • Настоящий материал опубликован пользователем Асадулаева Марзият Магомедовна. Инфоурок является информационным посредником и предоставляет пользователям возможность размещать на сайте методические материалы. Всю ответственность за опубликованные материалы, содержащиеся в них сведения, а также за соблюдение авторских прав несут пользователи, загрузившие материал на сайт

    Если Вы считаете, что материал нарушает авторские права либо по каким-то другим причинам должен быть удален с сайта, Вы можете оставить жалобу на материал.

    Удалить материал
  • Автор материала

    • На сайте: 7 лет и 11 месяцев
    • Подписчики: 0
    • Всего просмотров: 58299
    • Всего материалов: 18

Ваша скидка на курсы

40%
Скидка для нового слушателя. Войдите на сайт, чтобы применить скидку к любому курсу
Курсы со скидкой

Курс профессиональной переподготовки

Бухгалтер

Бухгалтер

500/1000 ч.

Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 28 человек из 21 региона

Курс повышения квалификации

Основы герменевтического анализа текста на уроке литературы

36 ч. — 144 ч.

от 1700 руб. от 850 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 25 человек из 17 регионов
  • Этот курс уже прошли 57 человек

Курс профессиональной переподготовки

Родной (русский) язык и родная литература: теория и методика преподавания в профессиональном образовании

Преподаватель родного языка (русского языка) и родной литературы

300/600 ч.

от 7900 руб. от 3650 руб.
Подать заявку О курсе
  • Этот курс уже прошли 23 человека

Курс профессиональной переподготовки

Русский язык и литературное чтение: теория и методика преподавания в сфере начального общего образования

Учитель начальных классов русского языка и литературного чтения

300/600 ч.

от 7900 руб. от 3650 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 151 человек из 45 регионов
  • Этот курс уже прошли 223 человека

Мини-курс

Дизайн-проектирование: практические и методологические аспекты

4 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе

Мини-курс

Методы решения нестандартных математических задач

3 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе
  • Этот курс уже прошли 12 человек

Мини-курс

Анализ эффективности проектов

4 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе