Конкурс «Второе
дыхание родным языкам»
МКОУ
«Тисси-Ахитлинская средняя общеобразовательная школа»
Сочинение
«Мой взгляд на
сохранение родного языка».
Автор:
ученик 8 класса МКОУ «Тисси-Ахитлинская СОШ»
Магомедов Гаджияв Абубакарович.
Руководитель:
учительница родного языка и литературы
Абдулаева Мадинат Магомедовна
Направление: «Сохранение
родного языка: сотрудничество поколений».
Сел. Тисси-Ахитли
Цумадинский район 2018 год.
МацI- гьеб
буго халкъалъул тарих, гьелъул рухI..
А. Куприн.
Инсан вижаралдаса нахъе бугеб тIолго
дунялалъул тарихалъ бихьизабулеб буго жидерго хаслъи- мацI цIуничел
халкъазул тIагIуна
миллияб маданият, миллияб хаслъи, къокъго абуни тIагIуна
миллат. Рахьдал мацI ккола
жинда сверухъ гIадамал цо
кинаб букIаниги
къокъаялде цолъизабулеб, умумузул гIумруги , тарихги, гIадаталги
жакъасел нилъгун жубазабулеб алат.
Дун ккола ЦIумада
районалъул ТIисси-Ахикь
гьоркьохъеб школалъул 8 классалъул цIалдохъан МухIамадов ХIажияв.
Авар мацI дир
рахьдал мацIлъун
кколаро, рокъовги къватIахъги дун
кIалъала
авар мацIалъул гIанди
группаялде гьоркьобе унеб тIиндисезул мацIалда. МагIарул мацI дида рагIула гIицIго Мадина
МухIамадовнаялъ
кьолел авар мацIалъул ва
адабияталъул дарсазда.
БитIараб бицани, дир
кьерилазе захIмат букIуна гьеб
мацI
лъазабизе, гьеб мацIалда кIалъазе,
гаргадизе. Амма дие бокьула авар мацI. Гьелъие «гIайибиявлъун»
рикIкIине
бегьула дир эмен. ГьитIинго гьеб
мацIалда кIалъазе
ругьун гьавуна гьес дун. Анкьида жаниб нижер рокъоб магIарул мацIалда
гаргадулеб лъабго къо букIуна: итни,
хамиз ва рузман.Дир эмен вуго гIараб гIелму цIаларав ва
гьеб лъикI лъалев
чи. Гьес кидаго абула нилъер мацI лъачIого, чидар мацI лъазабизе
нечезе кколилан.
Амма жакъасеб къоялъухъ балагьани,
ракI унтараб хIал лъугьун
буго. ЦIалдохъабазе
бокьулеб гьечIо авар мацIалда кIалъазе, ГIемерисезда
гьеб лъалебцин гьечIо. Камулел
гьечIо щиб
гьабизе гьеб мацI къваригIун бугилан
абулел цо-цо цIалдохъабазул
умумулцин. Исана дун щвана Агъвали щибаб соналъ тIобитIулеб авар
адабияталъул олимпиадаялда. Олимпиада байбихьиялъухъ ралагьун ракIарун ругел
цIалдохъаби
цоцазда гIурус мацIалда кIалъалел
ругоан. Дица гьезда абуна: «Нилъ киналго ккола магIарулал,
рачIунги руго
нилъ магIарул
адабияталъул олимпиадаялде. Щайха нилъ гIурус мацIалда кIалъалел
ругел?»-абун. Гьезул цонигиязухъа бажаричIо дие жаваб кьезе.
Дир пикруялъ, авар мацI нилъер гIумруялдаса
тIагIунеб букIиналъе гIайибиял
ккола тIоцере
нилъго. Кинаб спортивиял къецазде щваниги, кинаб конкурсалда, мажлисалда гIахьаллъизе
кканиги, гIурус мацIалда букIуна тIобитIулеб.
ЕГЭялда, ОГЭялда щолел баллазда хIадур рекерулел рукIун,
нилъеда кIочон толеб
буго нилъер тарихги, маданиятги, мацIги.
Цо нухалъ дарсида Мадина МухIамадовнаялъ
нижее цIалана ХIамзатил
Расулил «Дир Дагъистан» абураб тIехьалдаса гьитIинаб
кесек. Гьениб Расулица бицунеб бугоан цо нухалъ къватIисеб
пачалихъалда щвараб мехалда жиндихъе гостиницаялде вачIанила цо
магIарулав.Гьев
рагъул заманалда асирлъуде ккун вуго ва рагъ лъугIун хадубги
гьенивго хутIун вуго.
МагIарулас гIодун
бицунеб букIун буго
жиндирго гIагараб
росдалги, росулъ хутIарай
эбелалъулги, гIагарал чагIазулги.
Расулица рагIи кьун
буго гьел цIехезе. ЦIехон щун
вуго гьеб росулъе ва гIаламат!
хвечIого ятун
йиго херай эбел. Паналъун, магIил бералги цIун, гIенеккун
йиго эбел хванин, тIагIанин тарав
васасул хIакъалъулъ
харбихъ. Ахиралда гьелъ гьикъун буго магIарул мацIалда кIалъалев
вукIаравищ
жиндир василан абун. Расулица бицун буго гьев кIалъанин таржамачи
гьоркьов ккун, магIарул мацI гьесда
кочон батилин абун. Кьурун юссун йиго херай эбел. Ссун ун буго гьелъул гьурмада
вас чIаго вугин
абураб хабаралъ гвангъизабураб нур. «Гьев дир вас вукIине рес
гьечIо!- ян кьварун
абун буго гьелъ.- Дир васасда дица рахьгун цадахъ кьураб, малъараб мацI кIочене рес
гьечIо.»
Цингиги гьесул бицине биччан гьечIо гьелъ. Гьедин къимат гьабулаан
мацIалъул
нилъер умумуз. МацI кIочарав вас
чIаго
вугилан абизецин бокьун гьечIо магIарул эбелалъе.
Жакъасеб гIумруялда
жаниб рахьдал мацIазе захIмат буго гIумру
гьабизе. Компьютер, интернет, телефонал- гьеб кинабго гIурус мацIалда хIалтIизабулеб
буго. Жакъа гIумру
гьабулел гIадамазул гIумруялда
жаниса дагь-дагьккун тIагIунеб буго
авар мацI. Нилъер
улкаялъул тIалъиялъги
ургъел гьечIеб
бербалагьи гьабулеб буго гьелдехун. Гьединаб ахIвал-хIалалда
кинабго бараб буго нилъеда- магIарулазда. Нилъецаго цIуничони,
нилъер мацI цIунулев чи
хутIун гьечIо. Цо
нухалъ дарсида дир мугIалималъ
абуна: «МагIарулав
вуго дунилан абизе ккани, нужеда магIарул мацI лъазе
ккеларищ? Ингилис мацI лъаларев
ингилисав, немцазул мацI лъаларев
немцав, гIурус мацI лъаларев
гIурусав
рихьанищ нужеда?»
БитIараб абулеб буго
дир мугIалималъ.
Дие бокьун буго унго-унгояв магIарулавлъун вукIине. РагIа-ракьанде
щун мацI лъай-
гьеб ккола тIоцебесеб
галилъун. МацI цIуни- гьеб
ккола нилъерго миллат цIуни. МацIалдалъун
загьир гьабизе бегьула кIвар бугел
хаслъаби, миллияб психология, халкъалъул хасият, гьелъул тарих, гIадатал ва
гь.ц.. МацIалъул
кумекалдалъун цолъула халкъалде гIадамал, некIсиябги
жакъасебги заман, умумузулги нилъерги гIумру.
МацI кIочани,
сунде сверизе ругел нилъ цебе чIезабизецин бокьулеб гьечIо. Кинаб
магIна букIунеб
гьединаб гIумрудул?
МахIрумлъизе руго
кинабго халкъияб рухIияб
бечелъиялдаса, тарихалдаса, маданияталдаса, къокъго абуни. миллаталдаса. Гьеб
кинабго цебе чIезабизецин
захIмалъулеб
буго. Гьединлъидал нилъеца кIвараб куцалда цIунизе хIаракат
бахъизе ккола нилъер гIагараб,
бокьулеб авар мацI.
Байбихьул классаздасаго гIатид
гьабун лъазабизе ккола, жеги ясли-ахаздаго малъизе ккела авар мацI.
Пачалихъалъул идарабазда тIоритIулел мажлисал магIарул
мацалда гьаруни берцинаб букIинаан.
ЛъугIизабизе бокьун
буго кIудияв
Расулил рагIабаздалъун
: «ГIагараб
авар мацI! Дир
кинабго бечелъи, кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь. Мун кибго дунгун
буго! Кинидахъ дица къабул гьабураб дур кочIое кидаго дун хисичIо...»
Хисизе бегьиларо, дир хириял магIарулал! ЦIуне нилъер
гIагараб
авар мацI!
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.