Биография Хъах1абросулъа Мах1мудил
МагIарулазул гьунар тIокIав
шагIир, литератураялда жаниб жиндир цIар меседил хIарпаздалъун хъварав, МахIмуд
гьавуна, гьанжесеб Унсоколо районалъул, ХъахIабросулъ. Мискин - къварилъиялда
жанив гIурав чи вукIана гьев. Гьесул эмен Анасил МухIамад вукIана рохьоб
тIурччи бухIун гьеб Хунзахъ базаралда бичизе хьвадулев чи. Жиндир чара -
гьунаралда балагьун МухIамадица пикру гьабула вас мадрасалде цIализе кьезе.
МутагIиллъиялда уна гIумруялъул чанги сонал шагIирасул. Цогидал мутагIилзабазда
цадахъ гьевги щола росулъа росулъе. Амма МахIмуд вукIана гьитIинаб
заманалдасанго цIакъго кочIода варав чи, гьев жиндир динияб гIумруялъ, исламияб
цIалиялъ, кIвечIо ватIа гьавизе кечI ахIиялдаса. Мадрасаялда цIалулев вукIаниги
камулароан гьев кеп - ихтилаталъул мажлисазда. ТIоцере чидал кучIдул ахIулев
вукIаниги хаду - хадуб живго кучIдул гьаризе ва гьел ахIизе лъугьана
гIолохъанав шагIир. Абухъе, гьес 14 сон тIубаралдаса гьаруна кучIдул.
Мискинлъи цо балагь! КIиабилеб балагьги гьесие рокьуца кьуна. МахIмудие, 16 сон
букIаго, йокьана Бекьилъ росулъа бечедав чиясул яс. Абизе бегьула тIолго
хъвадарухъанлъиги гьелде гьабуна кочIохъанас. Ясалъул эбел - эмен мискинасул
васасе яс кьоларилан кьурун чIана. МахIмудица жинцаго абухъе:
Борхатаб магIарда кIиго гIадрал тIегь
Цоцазде щапула, данде щоларо.
Гъваридаб кIкIалахъе кIиго иццул лъим
Цоцалъе чваххула, гъорлъ жубаларо.
Муилги МахIмудидехун балъгояб балай букIаниги нухал къана гьелъие кьолбол
гIадамаца.
Къо бахъанагIан цIикIкIун йокьана шагIирасе жиндир рокьи ккарай. Амма Муи
йикIана чидал лъади. Рос хварай лъади йикIана Муи, лъималги рукIана гьелъул.
Гьей кIочон телилан росулъа къватIиве ана МахIмуд. Щвана гьев ЦIоралде,
Бакуялде, Тифлисалде. Хадувги гьев ана Карпаталде. Гьеб заманалъ букIана
тIоцебесеб дунялалъул рагъ. МахIмуд гьениве щвана Дагъистаналдаса гьенибе
битIараб магIарулазул полкалда цадахъ. Амма, къо бахъанагIан жеги цIикIкIун
ракIалде къан гурони, кIочон течIо гьесда росулъ тарай йокьулей. Гьеб гуребги
росу - ВатIаналдаса рикIкIад вукIин захIмалъана гьесие. Карпаталда
вукIарабшинаб заманалъ МахIмуд щибаб минуталъ урхъана росу - авлахъалъухъги,
ракI - ракIалъ хирияй Муихъги.
БицинчIого тезе бегьуларо "Мариям" абураб гьесул поэмаялъул тарих.
Карпаталда МахIмудил гIумру уна казарма - окопалда. Гьебги эркенлъи хирияв
магIаруласе рекIее гIолеб жо букIинчIо. Цо рахъалъ Муил пикраби, цо рахъалъ
ватIаналъухъ ракI урхъи, цо рахъалъги бидулаб рагъ. Рагъда хола МахIмудил
гIагарав гьалмагъ. Цо къоялъ жиндир гьалмагъ чIварав тушман тохлъукье дандчIвала
гьесда. Бахъун хвалченгун МахIмуд лъугьуна гьесда худув. ХIинкъарав тушманги
церковалде тIурун уна гьасухъа. МахIмуд жаниве вахъараб мехалъ гьев вукIуна,
капуразул гIадаталда, ГIиса аварагасул эбелалъул сураталда цеве накабаздаги
чIун жив цIунейилан гьардолев. ГIажагIиблъула тушман МахIмудил кодоса хвалчен
бортун ин бихьун, къадада бараб Мариямил сураталъухъ хаган валагьи бихьун.
Рокьуца велъарав, даим рукьбазда гьелъ лъураб цIадул свин гьечIев, МахIмуд
хIайранлъула сураталда йигей гIаданалъул берцинлъиялъухъ, жий щий йигеяли
лъачIониги. Гьасда ккола живго гIадин жив хадув лъугьарав чиги рокьул гIашикъ
вугилан, гьанжеги гьай берцинай, Муида релълъарай гIаданалъул, сураталдаса
кумек гьарулев. ТIаса лъугьун тола МахIмудица жиндир гьадмагъ чIварав тушман.
Хадуб Мариамги Муиги данде ккун гьабула гьес жиндир "Мариям" абураб
поэма.
ТIоцебесеб дунялалъул рагъдаса вуссун хадув шагIирасул лъай - хъвай ккола,
магIарулазул цIар рагIарав герой, МахIач Дахадаевасулгун. Гьеб гражданияб
рагъул байбихьул заманалда чанго тIадкъай тIубала МахIмудица МахIачил.
МахIмуд чIван хвана 1919 соналъ. Цо - цо чагIаца чIезабулеб буго МахIмуд
чIванин гьесул гьоболас. Цогидацаги далил бачулеб буго гьев, МахIачил тIадкъай
тIубазе унаго нухда ХIоцоса Нажумудинил къокъаялъ чIезавун, Игьалив туснахъалда
вукIаго гьебго росулъа Магьдил МухIамад абурав чияс чIванилан. Амма кIиябго
рахъ ккурал чагIазул рекъон кколеб рахъ МахIмуд Игьалиса Магьдил вас
МухIамадица чIванилан аби буго.
МахIмудица, абизе бегьула, хъванин кучIдул жеги авар адабияталда цониги чияс
хъвачIел ва хъвазеги гьечIел. Кинаб кечI гьесул босаниги буго щивав рокьи
ккарасул рекIелъа бачIунеб, щивав гIашикъасул пикру гIахьал гьабун хъвараб
гIадаб. Абизе бегьула МахIмудица церего ккун хъванин щивавго рокьи ккарасул
рекIел анищал, мурадал, гьесул каранзул хIалал. Гьедин, жиндир рокьул цебего
хъван батанилан абуна МахIмудил рахъалъ гьабураб кочIолъ Расул ХIамзатовасги,
гьесие кIудияб къимат кьолаго.
Гьелдаги буго шагIирасул кочIол къуват, пасихIлъи, камиллъи. Гьебги щивав
шагIирасе насибаб жо гуро...
МахIмудий бокьун букIана - ЦI. ХIамзатица жиндир МахIмудил рахъалъ хъвараб
макъалаялда хъвалеб буго - рокьул ах гьабизе. Амма, гьесий гьукъаби гIемерал
рукIаниги, абизе бегьула, гьабунин гьес гьеб ах. Аманатги гьабун тана цIиял
рачIунел гIелазе.
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.