Инфоурок Родной язык КонспектыРагьараб тадбир "21февраль-Рахьдал мац1алъул къо"

Рагьараб тадбир "21февраль-Рахьдал мац1алъул къо"

Скачать материал

Т1олго вацлъиялъего

Умумуз ирслъун тараб

Кьолеб буго нужее

Маг1на гъваридаб Салам.

 

Лъик1 щварал маг1арулал

Авар мац1алъул гъасде

Лъик1 рач1арал ракь цоял

Бокьулеб гьаб сверуде.

 

Салам гьалбадериде

Гор сверуде рач1арал

Умумузул г1адатги

Г1амалги чорхолъ бугел.

 

-Ассаламу г1алайкум, хириял ц1алдохъаби, муг1алимзаби ва т1аде рач1арал гьалбал. Жакъа нилъеца т1обит1изе буго «Рахьдал мац1алъул анкь» къаялъул тадбирги , гьединго бокьун буго киназдаго баркизе «Рахьдал мац1алъул къо».

 

 Щибаб соналда, 21 февралалда т1олабго халкъалъ к1одо гьабула гьаб байрам. Кьейги киназего чорхое сахлъи, талих1, рохел ва халатаб г1умру. Ц1уне хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1! Мац1 гьеч1они,гьеч1о миллат! «»Метер маг1арул мац1 хвезе батани,хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун»  абуна Дагъистаналъул хакъияв поэт Расул Х1амзатовас.

Нилъ ккола маг1арулал. Цойгидал халкъаз нилъеда абула аварал абун. Дагъистаналда ругел 40-г1анасел мац1азда гъорлъ маг1арул мац1 бицунел г1адамазул къадар бищунго ц1ик1к1араб буго. Гьезул г1ага-шагарго 800 000 г1анасев чи вуго. Г1алимзабаз ч1езабун буго цо кидаялиго Дагъистаналда ругел г1емерисел халкъазул цого мац1 бук1ин. Заман анаг1ан гьеб бикь-бикьун, бат1и-бат1иял мац1азде сверун буго. Ц1уне,хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1! Дунялалда т1ад бищун берцинаб мац1!

 

Маг1арулазулги Дагъистаналъулги талих1 буго Расул Х1амзатов,Фазу Г1алиева,Инхоса Г1алих1ажияв,Ц1адаса Х1амзат,Муса Мух1амадов г1адал хъвадарухъаби,шаг1ирзаби дунялалда т1ад рахъин.Гьел ккола унго-унго маг1арул мац1ги,ц1арги,ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби, гьединго

Расулица хъвалеб буго:

-Мац1 лъач1ого,гьабич1ого гьаб дунял.

Раг1и бук1инч1ебани дунял гьадинаб бук1инароан.

Мац1 лъач1ого,кеч1 гьаби, лъим лъач1ого,г1урулъе лъугьин буго.

 

Щивасул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги буго. Дир мац1-гьеб маг1арул мац1 буго. Гьеб дие бокьула.Бокьула гьит1инаб халкъалъул г1агараб мац1.Г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб г1адаб жо.

Мац1 чияс т1абиг1ат ц1унулеб г1адин ,ц1унизе ккола.

 

1999 –абилеб соналъул 17 ноябралда ЮНЕСКОялъул Генералияб конференциялъ х1укму гьабуна 2000 – абилеб соналдаса нахъе щибаб соналъ 21 – абилеб февралалъ Т1олгомиллатазул рахьдал мац1азул къо к1одо гьабизе. Гьелъул мурадги буго рахьдал мац1ал церет1езари ва гьел ц1уни.1

21 –абилеб февралалъ рахьдал мац1ал к1одо гьариялъул маг1наги ккола, жидерго мац1ги ц1унун, гьеб жидер пачалихъалъул мац1лъун рик1к1ине т1алаб гьабун, демонстрациялде рахъарал Бангладешалъул студентал ч1вараб къо. Гьеб пашманаб иш ккана 1952 – абилеб соналъул 21 – абилеб февралалъ.

Жакъа нилъер мажлисалда данделъун руго рахьдал мац1 хириял маг1арулал. Рахьдал мац1алда щивас киниялдаса байбихьун эбелалде, инсуде, вацал – яцазде, г1агараб Ват1аналде рокьи загьир гьабула. Гьеб х1асратаб рокьи ц1уни ккола рахьдал мац1ги, динги, г1адаталги к1одо гьари.

 

Муг1алим: Коч1олаб саламгун цере рахъунел руго  ц1алдохъаби.

Кеч1 “Асаламу г1алайкум»


Асаламу г1алайкум,

Аваразул миллат-мац1,

Адаб кьоч1ое лъураб,

Ахир рокьуе гьеч1еб.


Асаламу г1алайкум,

Аваданаб авар халкъ;

Африкаялъул х1анч1аз

Август т1амулел т1охал.


Армяназул пашманлъи

Арарат мег1ер буго.

Аваразул пашманлъи-

Авар мац1 лъач1ел лъимал.


Муг1алим:  «Рахьдал мац!»

Рахьдал мац1 бокьич1есе

Ват1ан бокьи щакаб жо.

Элъул адаб танани,

Талих1дай насиблъулеб?...

 

«Гьудуллъи» кеч1 ах1изе буго 11 классалъул ясаца

 

 

Рахьдал мац1 к1одо гьаби буго инсанасул т1абиг1ияб рижин, гьесул жиндирго г1адатазде, диналде, маданияталде бугеб рокьи к1одо гьаби. Рахьдал мац1алда хъван буго щивав инсанасул Ват1аналъул тарихги. Гьес жиндирго пикрабиги, анищалги, рокьиги рек1елъ ц1унун рук1уна бищунго хириял дуг1аби г1адин. Гьел ц1унизе нилъее васигат гьабун бук1ана умумуз. Умумуз Ват1ан ц1унана гьел дуг1абазе г1оло. Нилъецаги ц1унила рахьдал мац1алда хъварал умумузул дуг1абиги, г1адаталги, маданиятги.

 

Видеоролик «Умумузул Г1адатал»

Ц1алдохъабазул кумекалдалъун бокьун буго бихьизабизе дагъистаналда  гьалбал  кин къабул гьарулел г1адат, киг1ан ч1ужу к1вах1алай йигониги.

 

Сценка «К1вах1алай ч1ужугун  росасул к1алъай»

(Байбихьуда ,ч1ужу к1вах1алго рукъ лъухьулей)

Рос:- Гьаб щиб жо ё, х1урт1а бетун рукъ бугин! Г1анкъун хвела дун гьабсаг1аталъ, мун г1адаллъунищ йигей? Гьобол майин т1аде щвани, бащдаб саг1тидасан бадиб тун, нахъе ина.

Ч1ужу:- (ц1илиц1 г1одоб реч1ч1ула)Аллагьсх1аги, дида рак1алда гьеч1о  цониги къо дуца, дир рос, бадибч1ваял гьарич1еб. Гьобол ах1улеб мехалъ, цебесеб къоялъго лъазабе, рукъги- бак1ги бак1арун, дунги х1адурун ч1ела.

Рос:- Г1ела, дун х1алт1уде ине ккола. Дуца къалъул г1ужалде гьанги т1амун, хинк1ал рай, ражи бухун х1адур те, сонго ах1арал гьалбал т1аде щвезе бегьула. (инехъин вук1ана, ч1ужуялъул каламалъ нахъ вуссине гьавуна)

 Ч1ужу:- Т1аса лъугьа ,гьарула! Цо к1удияб балагь рещт1ун буго т1аде , доб дуца босун бач1араб лъабго кел гьанал. Мадугьаласул катица кванан лъун батана.

Рос:- (Росасул ццин бахъулеб буго) Гьеб дур к1вах1аллъиялъ рак1багъаризабулеб буго. У, къват1ахъ ругел кутул киналго х1алакълъун х1алакълъун рук1ун ратила. Лъик1 буго, гьедин батани гьанал бак1алда дуца рахьдал кащг1аги гьабе.

 Ч1ужу:- Вай! (бадиб хъат ч1вала) пидрал т1инда т1инк1 гурони щвеч1о жакъа беч1ч1изе, бугеб гьеч1еб бачица ц1ун лъун батана г1ака. (кверги бит1ун къадат1е) Хъанхърадул бусаца босун унеб гьаб рукъги, рокъоб бугеб бардакги, балагьея гьаниве, лъай дуда (килищ росасде бит1ун) дуца гьоболасда цее баг1арлъизеги гьаюн, нечезайизе йик1ин.

Рос:- Вай, ч1ужу! Мунгун бугеб дие г1азаб, дуца дир сабрудул х1албихьуге! Гьадав мадугьаласухъ балагьун х1алхъублъизе бач1уна. Къалъул г1ужалде бегьулеб батани, хоног1аги нижей беже.

Ч1ужу:- Дида даг1бадун ах1дон, дуе щвезе щибго гьеч1о. Дида гуро мун ах1де, ах1де мун чаргъадиде, доб щун бугоан  бусниб, рикъун ратана ханал.

Рос:- (бохги г1одоб кьабун) Г1ела! Лъай дуда дие гьединай ч1ужу гьаб рокъой х1ажат гьеч1о. Екере, ах1е гьанире нуг1зал, т1амун ц1аргун тела мун абадун-абадиялъ.

Ч1ужу:- (х1инкъун г1ундузда хъатал ч1вала) Боржа дида! Къалъул г1уж щвелалде бак1а-бахарила дица рукъ ,т1ансал к1ут1ун, гьан белъун , гьарун ратила хинк1ал. Гьале, баче гьаб кверги, ццин бахъун пайда гьеч1ин.

 


Муг1алим:

Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз

Маг1арул мац1алда маг1арул росулъ.

Босана дица гьеб дидаго цадахъ

Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ.


Муг1алим:  Кьурдиялдалъун бокьун буго ясазе бихьизабизе жидерго г1агараб мац1алде бугеб рокьи .

 

«Бице, эбелалъул, умумузул мац1»

Нуж щалали лъазе, лъилали лъазе,

Лъазе гьабе, бабал, эбел-инсул мац1.

Миллатго гьеч1еллъун хут1унгут1изе,

Хвезе тоге, бабал, бищун лъик1аб мац1…

 

Г1ерт1алгун ясазул кьурди .



«Огь, дир маг1аруллъи»

Огь, дир маг1аруллъи дир г1агараб ракь,

Дур багьадуразул гьунар лебаллъи-

Тушбабаца бут1рул къот1ананиги

Къисас босич1ого г1одор кколарел.

 

Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз

Маг1арул мац1алда маг1арул росулъ.

Босана дица гьеб дидаго цадахъ

Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ.


Муг1алим: Шамил имамасул бах1арчияб тарих лъала нилъеда Къарахъа Мух1амадт1агьирил, Мух1амад Х1амзаевасул, Х1ажимурад Доногъуевасул тарихиял къисаби ц1алани. Дагъистаналъул эркенлъиги, динги, маг1арул г1адаталги 25 соналъ ц1унич1елани, нилъер миллаталги гьезул мац1алги рук1инароан. Имамасул васигат буго нилъер халкъал вацал г1адин рекъон рук1ин. «Дица дир халкъ цолъизабуна, тушбабаздаса нилъго ц1унизе ва кидаго рекъон рук1ине».

 

Кеч1 «Малъе, эбел, рахьдал мац1».

Дир умумуз бицараб

Улбуцаги бицунеб

Урхъула духъ авар мац1,

Малъе, эбел, рахьдал мац1.


Гъазимух1амад, Х1амзат,

Х1икматав Имам Шамил

Аваралъ к1алъалаан

Малъе, эбел, рахьдал мац1.

Мах1муд, Ц1адаса Х1амзат-

Ц1ар арал назмучаг1и,

Нилъер мац1алъ ц1ализе

Малъе, эбел, рахьдал мац1.

Дида тарихги лъазе,

Дагъистанги бокьизе,

Кьолбол васлъун вук1ине,

Малъе, эбел, рахьдал мац1!




Муг1алим: Щивасул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги буго.Дир мац1-гьеб маг1арул мац1 буго. Гьеб дие бокьула.Бокьула гьит1инаб халкъалъул г1агараб мац1.Г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб г1адаб жо.

Мац1 чияс т1абиг1ат ц1унулеб г1адин ,ц1унизе ккола.

 Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хвайги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.

Гьалдалъун нилъеца данделъи лъуг1изе тела. Баркала г1ахьаллъаралъухъ ва г1енеккаралъухъ. «Маг1арулал кеч1»





 

 

 

 

 

 

 

Просмотрено: 0%
Просмотрено: 0%
Скачать материал
Скачать материал "Рагьараб тадбир "21февраль-Рахьдал мац1алъул къо""

Методические разработки к Вашему уроку:

Получите новую специальность за 3 месяца

Режиссер монтажа

Получите профессию

Технолог-калькулятор общественного питания

за 6 месяцев

Пройти курс

Рабочие листы
к вашим урокам

Скачать

Скачать материал

Найдите материал к любому уроку, указав свой предмет (категорию), класс, учебник и тему:

6 671 641 материал в базе

Скачать материал

Другие материалы

Вам будут интересны эти курсы:

Оставьте свой комментарий

Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.

  • Скачать материал
    • 07.04.2021 370
    • DOCX 21.2 кбайт
    • Оцените материал:
  • Настоящий материал опубликован пользователем Магомедова Зарема Магомедовна. Инфоурок является информационным посредником и предоставляет пользователям возможность размещать на сайте методические материалы. Всю ответственность за опубликованные материалы, содержащиеся в них сведения, а также за соблюдение авторских прав несут пользователи, загрузившие материал на сайт

    Если Вы считаете, что материал нарушает авторские права либо по каким-то другим причинам должен быть удален с сайта, Вы можете оставить жалобу на материал.

    Удалить материал
  • Автор материала

    Магомедова Зарема Магомедовна
    Магомедова Зарема Магомедовна
    • На сайте: 4 года и 5 месяцев
    • Подписчики: 0
    • Всего просмотров: 8199
    • Всего материалов: 12

Ваша скидка на курсы

40%
Скидка для нового слушателя. Войдите на сайт, чтобы применить скидку к любому курсу
Курсы со скидкой

Курс профессиональной переподготовки

Копирайтер

Копирайтер

500/1000 ч.

Подать заявку О курсе

Курс повышения квалификации

Актуальные вопросы методики преподавания русского языка в условиях реализации ФГОС

72 ч.

2200 руб. 1100 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 141 человек из 50 регионов
  • Этот курс уже прошли 480 человек

Курс повышения квалификации

Особенности подготовки к проведению ВПР в рамках мониторинга качества образования обучающихся по учебному предмету "Русский язык" в условиях реализации ФГОС НОО

72 ч. — 180 ч.

от 2200 руб. от 1100 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 65 человек из 27 регионов
  • Этот курс уже прошли 239 человек

Курс повышения квалификации

Специфика преподавания предмета «Родной (русский) язык» с учетом реализации ФГОС НОО

36 ч. — 144 ч.

от 1700 руб. от 850 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 234 человека из 59 регионов
  • Этот курс уже прошли 3 168 человек

Мини-курс

Психология взаимоотношений, прощения и самопонимания

6 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 134 человека из 54 регионов
  • Этот курс уже прошли 52 человека

Мини-курс

Культурное наследие России: язык и фольклор

4 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе
  • Этот курс уже прошли 21 человек

Мини-курс

Понимание психологических феноменов

4 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе