МКОУ «Гимназия№3» г. Хасавюрт
Открытый урок
«Расул Гамзатов. Родной язык»
Подготовила: Саидова С.Т.,
учитель родного языка и литературы
Хасавюрт-2018 г.
Дарсил тема:
Расул Х1амзатов «Авар мац1»
Дарсил мурад:
Расулил г1умруялъул ва адабияб х1аракаталъул х1акъалъулъ баянал г1ат1ид гьари,
«Авар мац1»-кеч1 ц1али, идейно-тематикияб анализ гьаби
Дарсил масъалаби:
пасих1го ц1али камил гьаби, асаралъул идейно-тематикияб анализ гьабиялъул
бажари борхизаби, мац1алде, миллаталде рокьиялъул ва ч1ух1иялъул асарал
ц1ик1к1инари, малъулеб асаралъул кьуч1алда тарбия кьей
Дарсил тайпа:
комбинированияб
Дарсил алатал:
компьютералъул класс, презентация Расулил суратал, Расул Х1амзатов «Дагъистан»
-аудиозапись, Хадижат Джамалудинова «Авар мац1»- видеоролик, Даку Асадулаевас
ах1улеб «Муг1рул тун, авлахъазде гочунел маг1арулал»-кеч1, миллияб рет1ел, авар
адабият -9 класс-т1ахьал, баннерал: «Метер маг1арул мац1 хвезе батани, хваги
дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун», «Авар мац1-дир кинабго хазина, Дир дарман,
дир гьаракь», Расулил т1ахьазул выставка, ц1алдохъабазе эмблемаби6 «Авар мац1
хвел гьеч1еб хазина буго»
Дарсил план:
1. Дарсиде
х1адуриялъул лах1зат. Салам кьей.
2. Эпиграф
3. Расулил
суратал-презентация. Расулил х1акъалъулъ раг1и-муг1алимасул цебераг1и
4. Расулил
х1акъалъулъ ц1алдохъаби.
5. Расулил
асаразул тематика
6. Расул
Х1амзатов «Дагъистан» -аудиозапись
7. Расул
Х1амзатов «Авар мац1»-ц1алдохъабаз коч1ол куплетал ц1алула
8. Хадижат
Джамалудинова «Авар мац1»- видеоролик
9. Дарсил
гьалбал: Асх1абова Аминат-6 «д»кл.-ц1алула Н. Г1исаевасул «Бокьула раг1изе
маг1арул калам» кеч1;
Х1айбулаева Пари-5 «е»
кл. ц1алдохъан ц1алула П. Гереевалъул «Маг1арулал» кеч1
10. Эпиграфалде
т1адруссуна.
11. Дарсил
х1асил. Даку Асадулаевас ах1улеб «Муг1рул тун, авлахъазде гочунел маг1арулал» -
кеч1 биччала
Дарсил
ин:
1. Дарсиде
х1адуриялъул лах1зат. Салам кьей.
2. Эпиграф
«Эбел
тарасе-рогьо,
Эмен
тарасе-рогьо,
Амма
яих1 тарасе
Азарго
нухалъ –рогьо»
3. Муг1алимасул
цебераг1и-
биччала Расулил
суратазул презентация
«Авар мац1»
коч1ол
бакъаналда гъоркь
Расул
Х1амзатов – дунялалдаго машгьурав поэт ва прозаик.
Гьесул х1акъалъулъ щибг1аги абизе нилъее, г1адатал г1адамазе – гьеб бигьаяб
масъала гуро, хвезе вижарав г1адатияв чи гьесул - г1умруялъе, творчествоялъе
къимат кьезе лъугьин киг1ан гьунар бугесухъаги камиллъи гьеч1еб бук1ина, гьеб
релълъина гьоркьохъеб махщалида ва музыкаги гьеч1ого хъвараб либретоялда.
Расул Х1амзатовасул сурат раг1удалъун бахъизе х1ажалъула Юпитер.
Цоги. Кинго к1олеб гьеч1о «Огонекалда» бахъун бук1араб Феликс Медведевасул
пикру гьаниб рехсеч1ого:
«Расул Х1амзатов. Шаг1ир. Философ. Ц1адаса Х1амзатил вас. Пат1иматилги,
Заремалги, Салих1атилги эмен. Лъабго ясалъул к1удаэмен, Эпикурилав. Кепав
хабарчи. Дипломат. Сих1ирав. Т1адгояв. Талих1ав, бит1бугев. Цого заманалда
Гаргантуаги Пантагрюэльги. Шолоховгун хабарчи. Твардовскиясул, Фадеевасул,
Симоновасул гьудул. Ч1агояв классик. Легенда. Т1олабго дунял сверарав, Фидель
Кастрогун ва Индира Гандигун саг1тал т1амурав сапарчи. Дунялалда бищун гьесие
рит1ухъай к1иго ч1ужуг1аданалъул – Пат1иматилги поэзиялъулги – хъулухъчи. Нусго
т1ехьалъул автор. Пачалихъалъулал премиябазул лауреат. Ленинилаб премиялъул
лауреат. СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул член. Социалистияб
зах1маталъул Бах1арчи».
Гьелда т1аде дица жубалан: «Дунялалъул ва регионалиялги бищун т1адег1анал
г1емерал шаг1ирзабазул конкурсазул лауреат».
4. Расулил
х1акъалъулъ ц1алдохъаби.
1.
Куч1дул гьаризе Расул Х1амзатовас
байбихьана ич1го сон баралдаса. Гьесул т1оцебесеб т1ехь басмалда бхъана 13 сон
гьес бараб мехалда. Гьебго заманалда байбихьана гьесул куч1дул республикаялъул
«Муг1рузул большевик» газетелда рахъизе. Т1оцебесеб т1ехь басмаялда бахъана
1943 соналда. Расулил г1иц1го 20 сон бук1ана гьев СССРалъул Хъвадарухъабазул
союзалъул членлъун восараб мехалда. Гьелдаса нахъе авар, Дагъистаналъул ва
Кавказалъул миллатазул ва хадур дунялалъулго мац1азда рахъана гьесул куч1дузул,
прозаялъулал ва публицистикаялъулал асаразул т1ахьал: «Дир рак1 муг1рузда
буго», «Гьудулзаби ц1уне», «Къункъраби», «Рорхатал ц1ваби», «Хъвай - хъваял»,
«Ахираб багьа», «Г1ахьалаб чед», «Концерт», «Кини ва гъансито», «Г1умруялъул
гьоко», «Муг1рул ва г1ат1илъаби», «Ц1ваялда ц1ва буго к1алъай гьабулеб»,
«Маг1арул къиса», «Къо бащалъукь щобда Дагъистаналда», «Дир Дагъистан», «К1иго
ц1ал», «Сонетал» ва г1емерал цогидалги.
2.
Литература цебет1езабиялъулъ лъураб
к1удияб х1аракатчилъиялъе г1оло Расул Х1амзатовасе кьуна Дагъистаналъул,
Россиялъул, Совет Союзалъул ва дунялалъул г1емерал премияби ва СССРалъул
Пачалихъалъулал премияби, «20 г1асруялъул бищун лъик1ав поэт» абураб халкъазда
гьоркьосеб премия, Азиялъул ва Африкаялъул хъвадарухъабазул «Лотос» премия,
Джавахарлал Нерул ва Фирдоусил, Христо Ботаевасул премияби ва гьединго
Шолоховасул, Лермонтовасул, Фадеевасул, Мах1мудил, Стальскиясул, Ц1адаса
Х1амзатил ц1аралда ругел премияби.
3.
Расул мустах1икълъана г1емерал
т1адег1анал шапакъатазе:
Ленинил
ункъо орденалъе, Октябралъулаб революциялъул орденалъе, лъабго Баг1араб
Байрахъалъул орденалъе, Халкъазул гьудуллъиялъул орденалъе, Ват1аналда цере
гьарурал хъулухъазе г1оло орденалъе, Петр К1удиясул орденалъе, Болгариялъул
Кирилла ва Мефодийл орденалъе.
4. Лъалищ нужеда?
-
Поэт кив гьавуравали?-слайдал
_
Хъандулалъ жиндирго лъабабилев вас – Мух1амадрасул – Расул – гьавун вуго
Гьоркьоб Гьарадерихъ. Гьеб заманалда Ц1. Х1амзат гьенив дибирлъун
х1алт1улев вук1ун вуго. 3 сон барав Ахилчиги, 6 сон барав Мух1амадги, 9 сон
барай Пат1иматги къулана жидерго вацасда т1аде. Амма Хъандулалъул вас хахизе
рахь бук1инч1о. Хехго ялагьана васасе рахьдал эбел. Гьей йик1ана Саг1идат,
гьелго къояз яс гьаюрай. Гьелъ гъираялда къабул гьабуна х1урматив росдал
дибирасул ва хирияв шаг1ир Ц1. Х1амзатил гьари.
Гьесул рахьдал яцалда ц1ар буго Залму.
5
- Расулил к1иго вац рагъда ч1варавлъи?-слайдал
-
Расулил к1иго вац Ахилчи ва Мух1амад рагъда ч1вана.
Ахилчи Севастополалда гъоркь рагъда т1аг1ана 1942 соналъ.
Мух1амад ч1вана Сталинградалда гъоркь 1943 соналъ. Гьев вукъун
вуго Саратов областалъул Балашов шагьаралда.
6. Расул
ккола Дагъистаналъул зодихъ бищун гвангъараб ц1ва.
Гьунаралъулги
Г1акъиллъиялъулги ч1агояб г1аламат. Гьесул «Т1адег1анал ц1ваби» - поэзиялъул
зобазда кенч1олел ц1вабзазда гьоркьор бищун гъвангъарал. Гьесул «Дир Дагъистан»
- прозаялъул г1ат1идаб ралъадалда гьелчолел карачелазул бищунго гучаб. Гьесул
т1аса рищарал асарал – адабияталъул дунялалда бищунго рорхатал муг1рузул
т1огьал.
7. Жиндир
Шиг1руялъ гьавураб ракьалъулги г1ураб улкаялъулги г1орхъаби тарав Шаг1ир.
Жиндир Раг1иялъ дунялго х1айран гьабурав х1икматаб махщелалъул Устар. Жиндир
Рокьиялъ г1адамазул рак1ал мук1ур гьарурав, т1абиг1ат- г1аламалдаго гьелъул
т1орил мугьал т1ирщарав Инсан.
Муг1алим:
Бечедаб
бук1ана гьесул асаразул тематикаги. Гьеб нилъеца рагьизе буго бат1и – бат1иял
шаг1ирзабаз гьесде хъварал асаразулъ.
Миллионал гьаркьал ругеб ракьалда
Дур гьаракь гьабула бигьаго бат1а.
Ват1аналъул т1олго куч1дузда гьоркьоб
Дур кеч1 лъала дида рик1к1адасанго.
Мух1амад Беркиханов
Дур
меседил хат1алъ хъварал асаралъ
Эркенлъигун рек1ел ч1ух1и бихьула.
Гьез
ах1улел руго Ват1ан бокьизе,
Г1умру г1адамазул берцин гьабизе.
Мах1ач
Мух1амадханов
Киналго иццалги г1оралги цолъун,
Ах1ула
саринал – дур симфония.
Ах1ула ракълиде, гьудуллъиялде
Ракьалда г1адамал цолъун рук1ине.
Мух1амад Х1асанов
Унго, кинан к1олеб к1удияб дунял,
Т1олабго
каранде бачине, Расул?
Г1адамазул ургъел, унти ва бух1и,
Х1алимго рек1еда жаниб х1алт1изе?
Мирза Давыдов
Берцинлъиялъул конкурс…
Дица билет босана,
Гьаний берцинай гьеч1ей
Цонигияй йик1инч1о.
Бищунго берцинайги
Цонигияй йик1инч1о –
Гьел берциназда гьоркьой
Дир йокьулей йик1инч1о.
Расул Х1амзатов.
Огь, эбелалъул рак1! Лъала дида гьеб,
Бищунго
пашманаб, бищун бохараб.
Бух1араб, рах1муяб, гурх1ел ц1ик1к1араб,
Рокьи, ццим, анищ, хьул, къасдазул ц1ураб.
«Маг1арулай»
Бат1и – бат1иял шаг1иразул коч1ол мухъазги живго шаг1ирасул асаразги нилъее
рагьула Расулил асаразул темаби: эбел, Дагъистан, дунялалъулго ургъелал…
Шаг1ирасул гъажалда лъун буго кинабго гьел цолъараб коч1ол дунял. Гьенир руго
гьесул г1умруялъулги шиг1руялъулги кьалбал.
6. Расул
Х1амзатов «Дагъистан» -аудиозапись, «Эбелалде»-видеоролик биччала
7. Расул
Х1амзатов «Авар мац1»-муг1алимасул цебераг1и- асар хъваялъул х1акъалъулъ баян
кьола.
8. Расул
Х1амзатов «Авар мац1»-ц1алдохъабаз коч1ол куплетал ц1алула, асаралъул тема,
идея рагьиялде рачуна, слайдал риччала, жакъасеб къоялъ авар мац1алда сверун
бугеб ах1вал-х1алалда т1асан гара-ч1вари т1обит1ула, х1асилалде рачуна.
9. Хадижат
Джамалудинова «Авар мац1»- видеоролик биччала
10. Дарсил
гьалбал: Асх1абова Аминат-6 «д» кл.-ц1алула Н. Г1исаевасул «Бокьула раг1изе
маг1арул калам»
Х1айбулаева Пари-5 «е»
кл. ц1алдохъан ц1алула П. Гереевалъул «Маг1арулал» кеч1
11. Эпиграфалде
т1адруссуна. Ц1алула, жакъасеб къоялъулгун бухьен, тарбия кьеялъул накъит.
12. Дарсил
х1асил. Даку Асадулаевас ах1улеб «Муг1рул тун, авлахъазде гочунел маг1арулал» -
кеч1 биччала
13. Рокъобе
т1адкъай: «Авар мац1» кеч1алъул «Лъаларо, Мух1амад…Гьеб рекъараб буго…» бут1а
рек1ехъе лъазабизе
14. Ахир.
Цадахъаб ах1и: «Авар мац1 хвел гьеч1еб хазина буго!»
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.