Инфоурок Начальные классы КонспектыПлан-конспект урока по родной литературе на тему "Имам Шамиль"

План-конспект урока по родной литературе на тему "Имам Шамиль"

Скачать материал

                               МКОУ

             «Чиркатинская  средняя  общеобразовательная  школа».

 

 

 

Открытый урок по родной литературе

«Имам Шамил.»                           во 2 классе.

 

 

 

 

 

Выполнила учитель начальных классов

Шихмирзаева Рахима Ибрагимовна.

 

                            2017 г.

 

 

 

Авар калам.

2 класс.

Дарсил тема. Имам Шамил.

Дарсил мурад. Имам Шамилил г1умруялъулгун лъай –хъвай гьабизе, ц1алараб асаралъул маг1на жидецаго босизе(ай аслияб пикружидерго раг1абаздалъун загьир гьабизе), асаралъул герой, гьесул сипат –сурат, гьес гьабураб иш, загьир гьарурал пикраби бихьизабизе, Шамилил ишазе, г1амал-хасияталъе къимат кьезе, героясдехун ва гьес г1ахьаллъи гьабулеб лъугьа- бахъиналдехун авторасул ялъуни жидер бугеб бербалагьи загьир гьабизе, Шамилил сипат –сурат цебеч1езабулел раг1аби ратизе, суалазул кумекалдалъун тексталъул х1асил тартибалда бицине, Ват1аналдехун, багьадурзабаздехун рокьи бижизабизе.

 

Дарсил алат. Презентация, плакатал, суратал, карточкаби.

                     

                                         Дарсил ин.

1.Г1уциялъул минут.

1 слайд.

(Дарсил байбихьуда биччала Расул Х1амзатовасул Дагъистан абураб кеч1алъул аудиозапись.)

 

2.Такрар гьаби.

У.  Дагъистан буго мугрузул улка, мац1азул улка. Бищун к1удияб дагъистаналъул  бечелъи  ккола гьелъул бах1арчиял, х1инкъи гьеч1ел, бажари бугел, махщел бугел г1адамал.

У. 

2 слайд.

Дагъистан

Ват1аналъул гъот1ол гьит1инаб г1аркьел,

Г1аммаб хъизамалъул мустах1икъав вас

Дир михъал урхъарав кьалул багьадур,

Кьибилго урхъарав чодул рек1арав.

 

3.Ц1ияб тема.

 

«Къаламалъ  гуро маг1арулазул тарих хъван бугеб. Гьеб хъван буго хунжруца, нилъаца, чуязул щанк1лаца, хабалалъ ругел занабаца.» - ян абуна Расул Х1амзатовас.

   Дагъистаналъул тарихалда жанир руго г1емерал х1икматал, г1ажаибал, унго-унгояб г1аданлъи жидеца бищун зах1матал заманабазги ц1унарал, наслабазул рек1елъа жидер ц1арал кидаго нахъе хъваг1аларел г1адамал. Амма бищунго халатаб, зах1матаб ва х1алхьи толареб пикру дагъистаналъул х1акъалъулъ тарихалъулъ бижана ва хут1ана имам Шамилил заманалда хурхун. Жакъа нилъеца дарсида бицине буго имам Шамилил х1акъалъулъ. Исана 220 сон сверула имам Шамил гьавуралдаса.

(Ц1алдохъанас бицуна кеч1 «Шамилиде» абураб)

 

Screenshot_2017-04-07-23-50-35

Screenshot_2017-04-07-23-50-43

3 слайд.

Шамиль гьавуна  26 июналда (7июлалда) 1797 соналъ , бусурбабазул календаралда рекъон мух1аррам моц1алъул т1оцебесеб къоялъ Генуб росулъ узденчи Денгасул Мух1амадил хъизамалда.

4 слайд.

Гьесул эбел Бахумеседо йик1ана бегзабазул тухумалъул чи Пирбудагъил яс. Шамилил к1удияв инсуда ц1ар бук1ана Г1али. Т1оцебе Шамилида ц1ар Г1алиян лъун бук1ун буго. Гьит1инаб мехалъ гьев вук1ун вуго ц1акъ х1алакъав, г1емер унтулев чи. Маг1арулал божулаан, ц1ар хисани, лъимер унтиялъ теялда. Гьединлъидал Г1алида ц1ар Шамилан хисун буго. Гьебги бук1ун буго эбелалъул вацасул ц1ар.

5 слайд.

Гьит1инав Шамиль дагь-дагьккун сахлъун, лъик1 лъугьун вуго. К1удияв г1ейгун, гьесул лъугьун вуго ц1акъ чорхолъ вит1арав, къуват бугев, тирияв, лебалав г1олилав.Доб заманалда лъимал ругьун гьарулел рук1ун руго г1ужда реч1ч1изе, рекеризе, к1анц1изе, гугаризе. Шамилие ц1акъ бокьулеб бук1ун буго гьединал къецазулъ г1ахьаллъи гьабизе. Хвалчад ва хонжрод вахъинеги гьесул гьунар бук1ун буго.

6 слайд.

Ц1ализеги Шамиль к1удияв пагьму-гьунар бугев вас вук1ун вуго. Шамилил т1оцевесев учитель вук1ун вуго генуса Гъази –Мух1амад. Хадув гьев ц1алулев вук1ун вуго Унсоколо, гьесул учитель вук1ун вуго Казикумухалдаса Джамалудин. 20 сон балелде гьес лъазабуна грамматика, логика, риторика, г1араб мац1, философия ва лъазаруна  законал.

7 слайд.

Ч1иркъат1а Реццакь къварилъухъ т1обит1араб данделъиялда Генуса Шамилилги, Колоса Сурхайилги, Игьалиса Саг1итилги имамлъун тезе суал лъунила. Гьебго данделъиялда суал бач1ун бук1анила К1ванадаса Г1абдуладибир, яги Г1ашилт1аса Г1абдула, яги Данухъа Иманг1али имамлъун тезеги. Г1ашилт1аса г1адамазул биценалда рекъон Шамилица Г1ашилт1аса Г1абдулаги цеве тун жиндица имамлъи гьабиларин абурабила. Амма, гьезул цоясцин разилъи кьеч1ого, мажлис биххун буго.

8 слайд.

1834 соналъ Шамиль вищула имамлъун, амма гьес инкар гьабула имамлъиялдаса, гьелъул бугеб к1удияб жавабчилъи бихьун. Гьесда чанго нухалъ нахъеги гьарула имамлъи гьабейилан, иргадулаб гьединаб гьари ва х1укму, г1емер ургъелал ва пикру гьабун, гьес къабул гьабула ва Шамил имамлъун вахъуна. Гьелдасан байбихьана Дагъистаналъул к1удияб къиса.

 

4.Ц1ияб тема щула гьаби.

9 слайд.

«Рукъалабаз ц1ураб гужгат рет1арав

Денгал Мух1амадил мискинав васас,

Муса-аварагас нек1о халкъ г1адин,

Росаби ах1ана рит1ухъаб рагъде» - ян буго халкъияб коч1олъ.

 

Ц1алдохъабаз рак1алдасан ц1алула 121-123 гьумералда бугеб «Шамилил г1олохъанлъи» абураб хабар.

 

Учителас хабаралда т1асан суалал кьола.

1.Шамил Дагъистаналъул щив чи кколев?

2.Шамил кив гьавурав?

3.Т1оцебе Шамилида ц1ар щиб бук1араб ва щай гьеб хисараб?

4.К1удияв г1ейгун, Шамиль кинав вук1арав?

5.Ц1ализе Шамил кинав вук1арав?

 

10 слайд.

Шамилил байрахъалда хъван бук1ана.

«Рагъда загьир гьабуге заг1иплъи,

Зах1малъи т1аде ккаралъур рук1а сабураллъун;

Жиндир боржал щвеч1ого, хвел т1аде бач1унареб.»

11 слайд.

Шамилица абулаан.

Хадуб бук1инелъул пикру гьабулев багьадур гуро.

Мун бищунго ц1одорго вук1а гьудуласул куц бугев тушманасдаса.

Т1агърал г1емер руго, бихьинал дагь руго.

Г1елмуялъул мац1 бич1ч1уларезда, хонжрол мац1 бич1ч1унеб.

Аллагь тун бат1иясдаса х1инкъулев бихьинчи гуро.

12 слайд.

Шамилица абулаан.

Гьерсилги х1акъикъаталъулги г1урхъи хонжрол балалда бук1унеб.Х1инкъиялъ щивниги хвасар гьавич1о.

Багьадурасда х1инкъи лъаларо, х1инкъучил рек1елъа гьеб х1ал киданиги т1аг1унаро.

Бищун къуватаб щулалъи – Ват1аналде бугеб рокьи.

Бах1арчилъи буго цо лах1заталъул сабру.

Сабруялъул т1иналде ккун батула месед.

(Группабаздеги рикьун х1алт1ила)

13 слайд.

Филворд. «Шамилил хъизам»

 

Къ

И

Л

Гь

У

Д

С

Х1

Ы

Д

П

Ш

А

М

Н

Е

К

Я

П

А

И

Р

Щ

И

Хъ

Н

Г

А

А

М

Р

О

Ж

Л

Ю

Ф

Й

С

Т1

А

Б

А

Х

У

М

Е

С

У

И

Х1

У

Ж

А

М

А

Л

Е

Л

М

У

Д

А

Гъ

Ч

О

У

Д

И

А

Р

З

Ц

Г1

А

Л

И

О

Н

Т

Ё

14 слайд.

Дагъистан бечедаб буго рорхатал муг1руздалъунги, г1ат1идал авлахъаздалъунги, - дунялалда ц1ар раг1арал багьадурзабаздалъунги. Амма киназдасаго борхатаб мег1ерлъун Дагъистаналъе Ах1улгох1 буго.

15 слайд.

Асх1абзаби гъурараб,

Бадру Ух1удалдацин,

Ах1улгох1да г1адинаб,

Х1алуцараб рагъ ккеч1о.

Гьаниб шугьадаазда,

Бихьараб гулил къиса,

Къаралабалъ гурони,

Цоги кибго бихьич1о.

16 слайд.

Ах1улгох1 – гьеб лъугьана маг1арулазул бихьинчилъи, бах1арчилъи борцунеб бак1лъун. Ах1улгох1- гьеб лъугьана диналде, имамасде бугеб божилъи, Ват1аналде бугеб рокьи борцунеб борхалъилъун. Ах1улгох1 – гьеб лъугьана бер къапич1ого кодоб хвалчен, ханжарги босун г1арадабазде, тунк1азде т1аде унеб, цо чияс анц1гоясе жаваб кьолеб ва кьалда бергьунеб майданлъун.

Маг1арухъ аби буго

Ах1улгох1алде щвеч1ев,

Аварав гьев жегиги

Т1убан, аварав гурин.

Г1ещдерил Щулалъул гох1

Щущалареб си бугин

Лебаллъи, гьунаралъул…

Гьунар к1иго бук1ана –

Цо маг1арул, цо г1урус –

Т1асан хьваг1улел хунжрул,

Т1аде рит1арал хучдул.

Эхей унеб ганч1ил г1ор,

Г1арадабазул топал.

Ах1улгох1 босиялъул

Хасаб медаль бук1ана,

Жеги гьеб босилелде

Сардарас х1адур гьабун.

Амма муг1рул гъулдузда

Гъаримал чурхдул хут1ун.

Чан азар медаль кьураб

Г1одулел къоролахъе.

Яги къварид хут1арал

Мискинал бест1алахъе…

Москваялъул гьудулас

Гьезул цояб дий кьуна:

«Дагъистаналъул к1к1алахъ

Кьалуда бакьулъ ч1варав

Дир кьолбол солдатасул

Сайгъат бугин гьабилан.»

Медалалъухъ балагьун,

Берзукь ц1илъун бач1ана

Ц1адул вулкан г1адинаб

Ах1улгох1алъул сурат.

Ах1улгох1 – нилъер ч1ух1иги!

Ах1улгох1!! Кавказалъул рагъул тарихалъул машгьурал т1анчазда гъорлъ гьеб хъвана меседил х1арпаз. Ах1улгох1 ц1унулаго имам Шамилица г1емер к1удияб гьеч1еб маг1арулазул къокъагун цадахъ нахъ ч1вала г1урусазул аскаразул чанго гьужум ва щущахъ риххизарула г1емерал тушманасул аскаразул т1елал. Кинниги тушманасда к1ола хъала бахъизе. Амма Аллагьасе г1оло бац1ц1адаб нияталда жидер боц1и-малги, чорхол рух1ги кьун, гъазават гьабурал х1инкъи гьеч1ел, къарт бугел маг1арулазул ц1ар хут1ана даималъго, ва гьебги лъугьана шарт1лъун эркенлъиялъе г1оло жидер рух1 къурбанлъун кьезе.

 Гьабсаг1аталда лъималаз цере рахъун бихьизабизе буго имам Шамилил г1умруялъул цо гьит1инаб кесек.

 

(Лъималаз бихьизабула сценка ).

Имам Шамилги наибзабиги цере рач1уна. Мух1амадт1агьир г1одов ч1ола т1амачги босун хъвазе лъугьуна. (Гьавугьинан г1одобе биччараб бакъан биччала компьютералдасан).

Наиб: - Чан ц1ар бугеб Мух1амадт1агьир ч1варазул сиях1алда гъоба?

Мух1амадт1агьир: -379. Хваразул ц1аралги гьезул гьунаралги ц1акъ т1ад ч1ун рак1аризе ккола нилъеца наслабазе лъазелъун.

Наиб: - Хъвай Ч1иркъат1аса Лабазанги. Гьес кодобеги босун къват1ибе рехана бихъизе х1адураб тушманасул г1арадул гулла.Руччабиги лъималги хвасар гьаруна , амма живгойин абуни хвана.

Наиб: - Мух1амадт1агьир гьениб хъван гьеч1о цоги ц1ар, имамасул яц. Пат1иматицаги т1убазабуна амру. Гъолда нижеда цадахъ йилълъине к1олеб бук1инч1о. Гьурмада к1азги жемун кьурдаса гъоркье к1анц1ун ана.

Наиб: - Лъил амру?

Шамил: - Дир амру. Г1одор ч1а. Гьабсаг1аталда г1емерал масъалабиги суалалги руго нилъеда цере ч1ун. Бокьун буго нилъерго гъалат1азул аслу лъазе. Гьале Щулалъул гох1 гьабсаг1аталда капурзабазухъе щвана. Гьелъул нилъее бук1араб к1вар нужеда киназдаго лъалеб батила. Ругъун бухьине нилъер ч1ортоцин хут1ун гьеч1о. Бакъуца режулел руго, ракъуца к1век1улел руго. Гьеб кинабго дида лъала. Жив-живас жиндирго ч1ван къот1араб пикру загьир гьабе  гьабсаг1аталда дие. (Имам г1одов ч1ола)

Наиб: -Имам дица гьикъулеб буго щиб нилъер гъазаваталъ кьураб?

Шамил: -Алжан кьуна.

Наиб: - Гьеб щвела хваразе. Ч1агоязе щиб?

Шамил: - Щиб дуе ч1аго алжанищ бокьун бугеб, Пайзула? (Имам эхедеги вахъун аск1овег1ан вач1уна). Щайха вуц1ц1ун ч1арав? Дур рак1 ч1езабизе дир мац1алъул пасих1лъи г1еларо, Пайзула.Гьедин батани, рач1аха жакъа нилъеца жамаг1аталъул цо чанго чиги ах1ун гьезда ц1ехезин. Мурид!

Мурид: - Буюре имам.

Шамиль: - Ах1е цо жамаг1аталъул цо чаналиго чи.

Мурид: - Гьабсаг1ат.

Къурбанг1али: - Асаламу г1алайкум.

 Киназго абула. -Ваг1алайкум салам.

Шамил:- Салам Бичас лъеги дуда. Бице к1удияв чи ц1ар щиб кколеб дуда?

Къурбанг1али: - Г1ашильт1аса Къурбанг1али буго.

Шамил: -Ц1акъ лъик1.  Г1ашилт1аса Къурбанг1али, бице дуца, щиб нилъеца гьабун лъик1 ва хадубккун кин г1умру гьабун лъик1, гуронани гьанир цо-цо наибзаби щакдаризе лъугьун ругелъул.

Къурбанг1али: - Хиянаталъул бет1ер къот1е имам. Бат1алъи гьеч1о гьеб борохь дир рек1елъ жемжедулеб батанигицин, къот1е имам, хиянаталъул бет1ер къот1е.

Шамил: - Хъвай Мух1амадт1агьир халкъалъ абулеб жо хъвай. Нилъеца шариг1атги эркенлъиги хвалчабазул балалдалъун щвезабила маг1арухъе. Мун а, эмен, баркала дуе.

Наиб: - Гьедин абуна т1оцевесев имам Гъазимуз1амадицаги к1иабилев имам Х1амзатицаги, амма …

Шамил: - Амма дозул байрахъалда хъван бук1ана г1иц1го гъазават абураб раг1и.

Ахъбердил Мух1амад: - Бегьилищ?

Мурид: - Бегьиларо.

Ахъбердил Мух1амад: - Имамасда лъазабе.

Мурид:- Имамасул данделъи буго.

Ахъбердил Мух1амад: - Имамасда лъазабе!

Мурид:- Дун ханжар бахъизе т1амуге!

Мурид:- Имам цо чи вуго дуца къабул гьавизе кколин т1ирун ч1ун.

Шамиль: -Чара гьеч1ого ватани виччан теха.

Ахъбердил Мух1амад: - Асаламу г1алайкум!

Киназго абула. -Васаламу г1алайкум!

Шамил: - Салам Бичас лъеги дуда, Ахъбердил Мух1амад. Кин мун гьаниве ккарав? Кин дуда нух бахъизе к1вараб?

Ахъбердил Мух1амад:  - Зобалаз гьаб нухалда нилъеде мугъ рехана имам. Чачаназул росаби талавур гьарун руго, г1адамал муг1рул щобазде т1урун, нохъазда рахчун ч1ун руго. Борхьаллъун кьурабалъан харизе бажарулел нусго рек1аравгун дун Граббил боязда нахъасан кьабизе Ч1иркъат1аса къват1иве лъугьана. Лъаларо кин гьеб ккарабали ниж кьижун ккана. Дун дир муридзаби хваралъул хвезе кколаан имам. Амма гьале дун дуда цеве имам, дуца къот1е дие диван имам, дуца ч1вай имам дун.

Шамил: - Заманаялъ къот1ила дуе х1укму Ахъбердил Мух1амад, вахъа т1аде. Гьабсаг1ат щивав рагъухъан нилъее ц1акъ х1ажат вуго. Диваналъул г1ахьалчаг1и, бакъ маг1арде бахунеб буго, кват1ич1ого генерал Пуло т1аде щвезе ккола, ц1араб заман лъуг1улеб буго, щиб нилъеца гьабизе бугеб?

Мух1амадт1агьир: - Имам тарихалъе щибилан хъвалеб?

Шамил: - Халатаб харбие нилъер замана гьеч1о. Нилъеца рагъги къот1изе теларо, тушманасулгун гара-ч1вари гьабила. Хъванищ?

Мух1амадт1агьир:- Хъвана имам.

Шамил: - Гьабсаг1ат нилъ гох1ил добцояб рахъалде рилълъина, рилълъа.

(киналго Шамилида хадур уна Мух1амадт1агьирица ц1алула)

Мух1амадт1агьир:- Сордо рогьарабго генерал Пуло жиндирго дагьаб аскаргун Шамилида т1аде щола. Шамилицаги генераласги халкъалда цебе к1алъайги гьабула. Шамилица жиндирго вас аманаталъе кьунани, рагъ къот1илилан раг1и кьола генералас.

(Руччаби рач1уна гьес гьеб ц1алулеб заманалда ва гьал хадур ругел раг1аби абула.)

 

Гьанже г1оде г1адамал,

Г1одор бут1рулги кьабун,

Г1ещдерил Щулалъул гох1

Щун бугин г1урусахъе.

 

Ихдал рекьи, гьудул, гьереси буго,

Ракьулъ лъолел руго лъик1ал бах1арзал,

Хаслихъе баччулеб раччи жо гуро,

Раччарулел руго жаназабигун…

 

- Вай, вай хвараз жидерго налъи т1убана ч1агоязейин абуни г1азабги г1акъубаги.

- Киг1ан к1удияб г1акъуба бугониги нилъеца гьеб х1ехьезе ккола. Гуронани гьал тушбабазул кверде инейищ нилъер вацацаги, нилъер васацаги гьаб бак1алда г1умру кьолеб бугеб?

- Гьебха.

- Бит1араб жо.

- Багь-багьараб чубхъида гъоркь рукьбиги хъалги гуронани хут1улеб гьеч1о нилъер лъималазул.

- Имам т1ирун ч1ун вуго.

- Къуватал тушбабигун гьедин к1алъазе бегьуларо.

- Щибха гьабилеб?

- Щиб гьабилеб?

- Имам вач1унев вуго.

-Руц1ц1а!

Наиб: - Ах1улгох1ил жамаг1ат нужеда раг1анаха Шамилица абурабги Пулол жавабги. Гьанже нужецаги абе нужерго раг1и.

- Имам мун т1аса лъугьа дун гъадин к1алъанилан. Аманаталъе вас кье имам нилъер вагъизе чи хут1ун гьеч1о.

- Бах1арзал Аллагьас рачун ана, халкъ хвасар гьабе, имам.

Шамил: - Биччанте нужеца абухъе бук1ине. Дун г1енеккила нужехъ. Дир г1ундузда жанибги багъулеб буго лъималазул г1оди. Гьелдаса зах1матаб жо дида гьаб дунялалда батич1о. Юнус!

Мурид: - Буюре имам.

Шамил: -Хъах1аб байрахъ ч1ваян буюре. Нужер цояс дир Джамалудин Граббихъе щвезаве. Аллагьас т1урайги нужер мурадал.

Пат1имат :- Кьеларо, кьеларо дица дирго вас. Къот1-къот1ун яй. Гьабсаг1ат г1урулъе рехе, хонжроца ч1вай, кьеларо дица дир Джамалудин. Г1адамал дица нужеда ц1ехолеб буго щай цох1о дир вас т1аса вищарав? Гьев Шамилил вас вук1иналъищ? Дун щий, эбел гурейищ? Дун щий ганч1ил гьаюрайищ йигей? Кибе кьвагьаниги гулла бит1ахъе эбелалъул каранда щолин абула.

Шамил:- Пат1имат! Юнус!

Мурид: - Буюре имам.

Шамил: - Джамалудин вачун вач1ая.

Мурид: - Имам.

Шамил: - Дуда абуна гури Джамалудин вачун вач1аян!

Шамил:- Гьеб буго Аллагьасул х1укму Пат1имат.

Джамалудин:- Дада нужеца дун чияе кьолевищ вугев?

Шамиль:- Гьедин гьабизе кколеб буго, дир вас.

Джамалудин: - Эбел, бит1араб жойищ дун пачаясе кьолев вук1ин, дие гьениве ине бокьун гьеч1о.

Пат1имат : - Мун нечоларевищ, Шамилил васас гьедин абизе бегьуларо. Жакъа къоялдаса нахъе дир вас киналго г1адамал дудасан ругьунлъизе руго бах1арчилъиялде. Мун а, дир вас, а.

 

Дидасани т1унин рак1алъул рух1ел,

Рек1ел т1иналдаса лъица мун т1елев?

Рик1к1алъулев вугин дир берзул канлъи,

Кида гьанже дида мун к1очон телев?

Дудаса йохарай хирияй эбел

Хвезег1ан г1одила дур бицун, Жамал.

Дуе г1умру кьурав г1азизав инсул,

Анищал рук1ана дуде, рек1ел т1егь.

Щиб гьабилеб, месед, гьадинан ккедал,

Квер кье ахирисеб нух бит1иялъе.

Дару гьеч1еб унти бугин, эбелхвад,

Аллагьасул ц1обалъ ц1унун таги мун!

(Васас цин инсуда къвал бала, цинги эбелалда хадув уна)

Шамил: - Аллагьас квер бакъилеб, дие ч1аго нахъе хут1изе.

 ( Шамилицаги хут1аразги гьумералда кверал рахъула. Киналго цере рач1уна бет1ер къулула.)

17 слайд.

Шамил имамасул васият.

  Дир маг1арулал! Рокье нужее г1иц1ал кьураби! Мукъсанаб бук1а абе гьездасан щолеб ниг1мат.

  Амма гьел кьураби гьеч1ого, гьеч1еб эркенлъи мискинал маг1арулазе. Къеркье гьезие г1оло!

5.Рокъобе х1алт1и кьей.

Гьум. 120-123 Шамил имамасул васият рек1ехъе лъазабизе. «Шамилил Г1олохъанлъи» абураб хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе.

 

6.Дарсил х1асил гьаби.

У.

Жакъа нилъер дарсил мурад бук1ана имам Шамилил г1умруялъул бицине, щай гурелъул нилъеда лъазе ккола нилъерго тарих ва нилъерго бах1арзал. Нужеда бицине бокьун бук1ана маг1арулазул багьадурлъиялъул. Нужеда, гьанже г1ун бач1унеб г1елалда лъазе ккола нилъер г1агараб ракьалъул тарих. Ина сонал, цинги бач1ина заман нужер х1акъалъулъ дагъистаналъул тарихалда хъвараб. Бук1ина заман нужер ишалъе, х1алт1иялъе къимат кьолеб. Хадубккун кинаб къимат нилъер Ват1аналъе кьелебали кинабго бараб буго гьанже г1умру гьабулезда. Нилъ гьабсаг1аталда ч1ух1изе бегьула дагъистаналъул багьадурзабаздаса, нилъерго Ват1аналдаса. Нилъерго къасдалдалъун, рек1ел хиялалдалъун,г1амалалдалъун, ишалдалъун, х1алт1и-пишаялдалъун нилъецаги х1аракат бахъизе ккола лъик1аб рахъалдалдасан маг1арулазул дунялалда ц1ар раг1изабизе, нилъеда рак1алда рук1ине ккола нилъерго халкъалъул багьадурзаби.

Гьарула цадахъ босе,

Гьарула к1очон тоге,

К1удияб бах1арчилъи,

Гьит1инаб дур халкъалъул.

(Расул Х1амзатов.)

(Дарсил ахиралда ц1алдохъабаз ах1ула «Лебалал маг1арулал» абураб кеч1.)

 

Просмотрено: 0%
Просмотрено: 0%
Скачать материал
Скачать материал "План-конспект урока по родной литературе на тему "Имам Шамиль""

Методические разработки к Вашему уроку:

Получите новую специальность за 2 месяца

Таргетолог

Получите профессию

Интернет-маркетолог

за 6 месяцев

Пройти курс

Рабочие листы
к вашим урокам

Скачать

Краткое описание документа:

План-конспект урока по родной литературе на тему "Имам Шамиль"


Дарсил тема. Имам Шамил.

Дарсил мурад. Имам Шамилил г1умруялъулгун лъай –хъвай гьабизе, ц1алараб асаралъул маг1на жидецаго босизе(ай аслияб пикружидерго раг1абаздалъун загьир гьабизе), асаралъул герой, гьесул сипат –сурат, гьес гьабураб иш, загьир гьарурал пикраби бихьизабизе, Шамилил ишазе, г1амал-хасияталъе къимат кьезе, героясдехун ва гьес г1ахьаллъи гьабулеб лъугьа- бахъиналдехун авторасул ялъуни жидер бугеб бербалагьи загьир гьабизе, Шамилил сипат –сурат цебеч1езабулел раг1аби ратизе, суалазул кумекалдалъун тексталъул х1асил тартибалда бицине, Ват1аналдехун, багьадурзабаздехун рокьи бижизабизе.

Дарсил алат. Презентация, плакатал, суратал, карточкаби.

Скачать материал

Найдите материал к любому уроку, указав свой предмет (категорию), класс, учебник и тему:

6 665 948 материалов в базе

Скачать материал

Другие материалы

Вам будут интересны эти курсы:

Оставьте свой комментарий

Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.

  • Скачать материал
    • 26.02.2018 1164
    • DOCX 1 мбайт
    • Оцените материал:
  • Настоящий материал опубликован пользователем Шихмирзаева Рахима Ибрагимовна. Инфоурок является информационным посредником и предоставляет пользователям возможность размещать на сайте методические материалы. Всю ответственность за опубликованные материалы, содержащиеся в них сведения, а также за соблюдение авторских прав несут пользователи, загрузившие материал на сайт

    Если Вы считаете, что материал нарушает авторские права либо по каким-то другим причинам должен быть удален с сайта, Вы можете оставить жалобу на материал.

    Удалить материал
  • Автор материала

    • На сайте: 6 лет и 2 месяца
    • Подписчики: 0
    • Всего просмотров: 63715
    • Всего материалов: 51

Ваша скидка на курсы

40%
Скидка для нового слушателя. Войдите на сайт, чтобы применить скидку к любому курсу
Курсы со скидкой

Курс профессиональной переподготовки

Технолог-калькулятор общественного питания

Технолог-калькулятор общественного питания

500/1000 ч.

Подать заявку О курсе

Курс повышения квалификации

Дислексия, дисграфия, дискалькулия у младших школьников: нейропсихологическая диагностика и коррекция

36/72 ч.

от 1700 руб. от 850 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 1183 человека из 82 регионов
  • Этот курс уже прошли 4 577 человек
аудиоформат

Курс повышения квалификации

Основы религиозных культур и светской этики: проблемы и перспективы преподавания в начальной школе

72/108/144 ч.

от 2200 руб. от 1100 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 206 человек из 54 регионов
  • Этот курс уже прошли 3 444 человека

Курс повышения квалификации

Инновационные технологии управления профессионально-педагогической деятельностью учителей начальной и средней школы в условиях реализации ФГОС

72/144/180 ч.

от 2200 руб. от 1100 руб.
Подать заявку О курсе
  • Этот курс уже прошли 84 человека

Мини-курс

Теоретические аспекты трекинга и менторства

2 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе

Мини-курс

Развитие предметно-практических действий, игровых навыков и математических представлений у детей раннего возраста

6 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе

Мини-курс

Управление стрессом и психологическими состояниями

2 ч.

780 руб. 390 руб.
Подать заявку О курсе
  • Сейчас обучается 79 человек из 32 регионов
  • Этот курс уже прошли 56 человек