ГIачивехьги
Шамхалханасул нукарги
Рос
Лъади
Шамхалхан
Нукарзаби
ЧIужу: Ле, дир бетIергьанчи,
рагIарабищ дуда цIияб хабар. Нилъер
росдал гIадамал Шамхалханасухъе Азайнире хьвадулел рагIула,
гьесие кинаб бук1аниги сайгъатги босун.
ГIачивехь: ВахI,
рагIичIо гурищ.
ЧIужу: Дудаги рагIараб
жого букIунаро. Унел рагIулаха.
Гьесги, баркалаялъул бакIалда ретIел-хьит кьолеб
рагIула. Нилъги гIезегIан
язихъаб яшавалда ругел чагIилъидал, мунги къачIан
лъикI гьениве ине.
ГIачивехь: Дунни гьениве кутакалда инев вукIарав,
цо гьесие босизе бегьулебгIадаб жо букIарабани
нилъер къавулъ.
ЧIужу: Гьелъул ургъелги дица гьабизе те. Мун
къачIая цо къватIив вахъине
( хIул-хIулараб хIамаги кьолола, хIамида
лъезе гьагьалги. Мадугьалзабахъе ун чIужуялъ куракги бачIуна.
Гьебги босун авги нухде вахъуна. Нухдасан унаго данде ккола рекIарал-лъелал)
Нукар: Ле, нухлулав, мун киса вачIунев
чи, щив чи, киве унев чи?
ГIачивехь: ДУН ВУГО ЦО ЧИ.
Нукар: ВахI, кинав гIажаибав чиха мун.
Гьеб дур хIамида бугеб курак бичилищ нижее.
ГIачивехь: Валлагьги бичиларо, гьаб буго цIакъ
рикIкIадаса бахъараб хIурматияв
Шамхалханасе сайигъаталъе босун унеб бугеб жо.Бичизе бегьулеб жо гуро аб.
(гIемер гьарданила гьал, амма нухлулав мукIур
гьавизе гьазда кIвечIила. Щванила гIачивехь
ханасухъе)
ГIачивехь: АссаламугIалайкум
хIурматияв хан. Гьабал рокьилищ.
Хан: ВагIалайкум салам, жаниве вачIа.
Бице къваригIел.
ГIачивехь: Дун вачIун
вуго дуе сайгъаталъе гьуинаб куракги босун.
Хан: Баркала, баркала. Дун дудаса цIакъ
вохарав вуго. Гьеб дица загьир гьабулеб буго гьал дирго сайгъатаздалъун. Баче
цебе бищун лъикIаб цо оц, гьале дуе ретIел-хьитги,
гьле гIарацги. Жакъа дуца дий гьабуралъул. Дица дуеги
гьабуна.
ГIачивехь: Баркала кIудияб,
хIурматияв хан.
(гIачивехьги нухда регIун нукар ханасдехун )
Нукар: БетIер чIахъаяв хан, дуца гьадав гьоболасе кьурабгIанасеб
жо гьабгощинаб заманалда дуе нукарлъи гьабулел ругониги нижее кьечIин,
гьебги нижеда цIакъ захIмалъанин. Дуца
изну кьуни гьабсагIаталда досда хадувги ун, дуца досие
кьурабщинаб жо бахъизе буго.
Хан: ЛъикI буго, а дурго, амма дуца досие
ярагъ-квералдалъун жо гьабуге, кIолеб батанихабар-кIалалдалъун
бахъе.
(Бан лъикIаб ярагъгун, рекIун
чодагун гьав нукар гIачивехьасда хадув анила)
Нукар: Ле, мун чIая цо.
Шамхалханас мун нахъего ахIн витIарав чи вуго дун
ГIачивехь: Щибизедай дун гьесие къваригIарав
(абун гъванща хъарсине лъугьанила гьав)
Нукар: Дица кьураб лъабго суалалъе дуца битIун
жаваб кьуни, нахъ вуссинавичIого виччанги тела.
ГIачивехь: ЛъикI
бугин, кье дурго суалал, дица кIвараб хIалалъ жавабги
кьелин.
Нукар: Гьаб дунялалъул бакьулъ бакI
киб бугеб?
ГIачивехь: (велъулаго) Гьаб дир рачI
хIулараб хIамил щинкIил чIараб
бакIалда гъоркь буго. Гьелда божиларин ккани, борце
дуцаго.
Нукар: ЛъикI буго, кIиабилеб суал.
Гьалъаб зодоб чан цIва бугеб?
ГIачивехь: Гьаб дир рачI
хIулараб хIамида чан рас батаниги, гьедигIан
цIва буго зодоб, гьелдаги дур щаклъи кколеб батани рикIкIе
дуцаго.
Нукар: Ахирисеб суал. Гьанже дуца бице, бищун ясазе
вокьулев чи щивали?
ГIачивехь: Гьеб суалалъе жаваб кьезе цин гьеб
дуда тIад бугеб ретIелги,
бараб ярагъги, гъоркь рекIараб чуги дихъе кьея цо, гьебмехалъ дица
бихьизабила дуда ясазе вокьулев чи кинав вукIуневали
(нукарас гьадав гIачивехьас
малъараб гьабула)
ГIачивехь: Гьале, гьадинав, дун гIадинав
чи вокьула ясалазе. Дуеги къо-мех лъикI
(Рокъов тIад вуссарав нукарас кинабго бицуна ханасде)
Хан: Дидани дов вихьаравго бичIчIана
кинав чияли.
ЧIалгIаде гуреб дос дун цо чи вугилан доба
магIардаго абун букIараб
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.