Дарсил тема: «Л»
гьаракь ва хIарп .
Дарсил мурад:
«Л» гьаракь – хIарпаллъулгун лъай –
хъвай гьаби, рагIабазда гъорлъа гьеб батIа гьабизе лъай ва гьебгун рагIаби
ургъизе лъай.
Дарсил алатал: къотIарал
хIарпазул касса, ламадуралъул, лалуялъул суратал.
Дарсил план
I Класс дарсиде хIадур гьаби.
II Рокъобе кьураб дарс гьикъи.
III ЦIияб дарс баян гьаби:
а) суратазда тIад хIалтIи;
б) рагIабазда гъорлъа
«Л» батIа гьабизе лъай;
в) «Л» гьаракьгун
рагIаби ургъизе лъай.
IV ЦIияб дарс щула гьаби
V Дарсил хIасил гьаби
VI Рокъобе хIалтIи
Дарсил ин
ЦIалдохъаби дарсиде хIадур гьари.
Учитель: РорчIами,
лъимал! ГIодорчIа!
.
Учитель: Гьанже,
лъимал, киналго берцинго гIодорги чIун, рокъобе кьураб хIалтIиялъул хал гьабе
Лъимал, лъида лъалеб гьаб щибали?
(учителас шишаялъул сурат бихьизабула), (лъималаз кверал
рорхула).
Учитель: ЦIале
дуца, БатIимат.
ЦIалдохъан: Гьеб буго шириш
Учитель: ГIодойчIа!
Шиша абураб рагIи слогазде бикье дуца, Якъуб.
ЦIалдохъан: ши-ша
Учитель: Такрар гьабе дуца, ГIумар.
ЦIалдохъан: ши-ша
Гьеб къагIидаялда кIиго-лъабгоязда такрар гьабизабила.
Учитель: Лъимал,
цоги лъида кIвелеб «Ш» хIарп гъорлъ бугеб рагIи ургъизе?
ЦIалдохъан: (шагьар,
школа, шириш)
Учитель: Гьел
рагIаби слогазде рикье дуца, Муъминат.
ЦIалдохъан: Ша-гьар, шко-ла, ши-риш.
.
Учитель: Гьанже,
лъимал, цIализе буго нужеца рокъоб лъазабураб дарс. Щиб нужеца рокъоб
лъазабураб?
ЦIалдохъан: Нижеца
рокъоб лъазабуна «Тракторист» абураб текст.
Учитель; ЦIале дуца, Шахрузат.
ЦIалдохъан: «Тракторист»
Учитель: ЛъикI
буго, Шахрузат, гIодойчIа. Лъимал, Муса щив кколев?
ЦIалдохъан: Муса ккола тракторист
(Тракторист абураб рагIул магIна гьезда цебего баян гьабула.
Учитель: Муса
исана кин хIалтIарав, векьарарав?
ЦIалдохъан: Муса исана гIемер векьарана.
(Гьеб формаялда 2-3 ял рахъинарила.
Учитель:
Лъимал, тIехь гьечIого, суалазе жаваб кьезе хIадурлъе, тIахьалги къан.
Мусса щив кколев?
Абе дуца, Аминат.
ЦIалдохъан: Муса ккола тракторист.
Гьеб формаялда лъималаздаса ритIарал жавабал ва материал гъваридго
такрар гьабила.
Учитель: Лъимал,
нуж кин хIалтIизе ругел?
ЦIалдохъан: Ниж гIемер ва лъикI хIалтIизе
руго.
(Учителас статьялъул тарбия кьеялъул мурад баян гьабула, цIалуда
лъикIго хурхинабун).
ЦIияб дарсил баян.
Учитель: Жакъа,
лъимал, нилъеца лъазабизе буго цIияб хIарп, рагIи. Киналго гьанире балагьея,
гьаб сураталъухъ (Сурат бихьизабила ламадуралъул).
Щиб гьаб? Абея дуца, Мух1амад.
ЦIалдохъан: Гьеб
буго ламадур.
Учитель: Нуж гIинтIамун чIа.
Дица кьураб суалазде жаваб кьезе хIадур чIа «Гьаб ламадур буго
школалъул огородалдаса дица нужеда бихьизабизе босараб жо (Учителасухъ букIина
цо хIакъикъияб ламадур. Нилъер
школалъул
огородалда рижула батIи-батIиял овощал. Ламадур гIадамасул чорхое пайда бугеб
овощлъун ккола.
Учитель: Ламадур
киб бижун букIараб?
ЦIалдохъан: Гьеб ламадур школалъул
огородалда бижун букIана.
Учитель: ГIадамасул
чорхое гьелъул пайда бугищ?
ЦIалдохъан: Ламадуралъул
гIадамасул чорхое пайда буго. (Гьеб формаялда хутIараб бутIаги суалазде биххила
ритIарал жавабал тIалаб гьарила).
Учитель: Нахъеги
бихьизабизин, щиб гьаб?
ЦIалдохъан: Гьеб ккола ламадур.
Учитель: Чан
рагIи дуца абураб?
ЦIалдохъан: Лъабго
рагIи абуна.
Учитель: ТIоцебесеб
рагIи щиб?
ЦIалдохъан: Гьеб
Учитель: КIиабилеб
рагIи щиб?
ЦIалдохъан: Ккола.
Учитель: Лъабабилеб рагIи щиб?
ЦIалдохъан: Ламадур.
Учитель: Кинацаго
цадахъ абе «ламадур»
ЦIалдохъаби: Ламадур!
Учитель: Бикье
гьеб рагIи слогазде дуца, Даци.
ЦIалдохъан: Ла-ма-дур
Учитель: Бикье
гьеб рагIи киназго цадахъ (хоралдалъун) слогазде.
ЦIалдохъан: Ла-ма-дур
Учитель: Кинаб
цIияб гьаракь бугеб гьеб рагIулъ?
ЦIалдохъан: Гьеб рагIулъ цIияб гьаракь
буго «Л»
Учитель: Гьале,
лъимал «Л» хIарп (къотIарал) хIарпаздаса гьоркьоса «Л» хIарп бихьизабула).
Такрар гьабея дуца, Муслим (хадуб хоралдалъун такрар гьабизабила).
Учитель: Гьеб
хIарп буго «Л»
Учитель: Балагьея,
лъимал, щиб гьаб? (лемагалъул сурат бихьизабула).
ЦIалдохъан: Гьеб
буго лемаг.
Учитель: ЦIияб
гьаракь бугищ гьеб рагIулъ?
ЦIалдохъан: Лемаг
абураб рагIулъ цо цIияб гьаракь буго «Л».
Учитель: Гьанже,
лъимал, нилъеца гIуцIила «Ламадур»
абураб рагIи ва гьеб цIалила.
ЦIалдохъан: ЦIализабила
(цоясда ва хоралда).
Учитель: Биххе
гьеб рагIи слогазде, хIарпазде ва цIияб хIарпги бихьизабила. Мун яхъа
бихьизабе, Амина.
ЦIалдохъан:
Гьале цIияб хIарп «Л»
Учитель: Гьанже,
лъимал, нужеца нужер къотIарал хIарпазулъ бате «Л»
хIарп ва киназго дида бихьизабе.
ЦIалдохъан: Гьале
«Л» хIарп (лъималаз бихьизабула).
Учитель: Гьанже
нужеца къотIарал хIарпазулъ рате цогидал хIарпал ва гIуцIе ламадур абураб
рагIи, лалу, лемаг ва гь.ц. (цIалдохъабаз гIуцIила учителас хал гьабула).
Азбукаялдасан цIали
Учитель: Гьанже
лъимал, тIахьадасан цIализе буго. Рагье тIахьал, Цояс цIализе буго, цогидаз
тIахьазде тIадеги ралагьун, цIале.
Учитель: ЦIале
дуца, Зайнаб.
ЦIалдохъан: Школа.
Учитель: (Учителас
школаялъул мина бихьизабула). Лъимал гьаб щиб?
ЦIалдохъан: Гьеб буго школа. Хоралда
абула.
Учитель: Лъимал,
гьанже нужеца гьеб рагIи слогазде бикье.
ЦIалдохъан: Шко-ла.
Учитель: Гьаркьазде
бикье. Ш-к-о-л-а.
(Гьедин цогидазги цIалила).
Учитель: Гьанже
цIализе буго предложение.
Учитель: ЦIале
Марьям.
ЦIалдохъан: Школалъ лъималазе лъай кьола.
Учитель: Школалъ
щиб кьолеб?
ЦIалдохъан: Школалъ лъай кьола?
Учитель: Школалъ
лъие лъай кьолеб?
ЦIалдохъан: Школалъ лъималазе лъай кьола.
ЦIияб дарс щула гьаби
Учителас баян гьабула:
школалде цIализе рачIаралщиназе школалъ лъай кьолеблъи, лъай хвел гьечIеб
хазина букIин лъай).
Учитель: ЦIияб
хIарп бугищ гьеб рагIулъ?
ЦIалдохъан: Гьеб
рагIулъ цIияб хIарп буго «Л»
(Гьединан цIалила хутIарал предложениял)
Ахиралда цоясда тIубанго цIализабула ва бицинабула.
Дарсида лъикIаб гIахьаллъи гьабуразе къиматал лъела ва гьезие баян
кьела.
Дарсил хIасил гьаби.
Учитель: Жакъа нилъеда дарсида кинаб
гьаракь-хIарп лъараб?
ЦIалдохъан: Жакъа
нижеда дарсида лъана «Л»
хIарп ва гьебгун рагIабиги цIализе лъа
Рокъобе
х1алт1и
Учитель:
Суратазде балагьун хабар гIуцIизе ва бицине хIадур гьабизе.
Учитель: Абея
щиб нижеца метералде лъазабизе кколеб?
ЦIалдохъан: ЦIалдохъабаз такрар гьабула.
Учитель: Дарс
лъугIана, ине бегьула.
Учителас Лъималазулгун къо-мех лъикI
гьабула.
Оставьте свой комментарий
Авторизуйтесь, чтобы задавать вопросы.